Аслияб гьумералде

Болгаралда данделъи

Болгаралда данделъи

Болгариялъул исламияб академиялда тӀобитӀана докторлъиялъул диссертациял цӀуниялъул советалъул данделъи.

ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, исламиял гӀелмабазул доктор МухӀамад КъахӀибскияс гӀахьаллъи гьабуна гьелда. Гьеб цӀех-рехалъе къимат кьун букӀана академиялда хӀалтӀулеб исламиял гӀелмабазул докторасул даража кьолеб халкъазда гьоркьосеб диссертациялъулаб советалъ. Гьелда гъорлъ руго Россиялъул ва халкъазда гьоркьосел церетӀурал теологал, исламалъул ва бакъбаккул рахъалъул гӀалимзаби.

Болгариялъул исламияб академиялъул ректор Фархат ХӀуснудиновас жиндирго кӀалъаялда абуна докторантаз, жидерго гӀелмиял гӀакълучагӀазул нухмалъиялда гъоркь, гӀатӀидал цӀех-рехал гьарун рукӀиналде. Гьезул диссертациял хӀадурулаго цӀех-рех гьабуна гӀемерал аслиял рахъазул.

Советалъул данделъиялда гӀахьаллъарав Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница кӀвар буссинабуна гьеб тадбиралъул Россиялда исламияб теологиялъул лъай кьеялъул кӀвар бугеб платформа хӀисабалда бугеб статусалде.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...