Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун.
Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул муфтиясул заместитель МухIаммад Жамал Сакъа, СагIидбек Даитовасул цӀаралда бугеб исламияб университеталъул ректор АхӀмад ГӀабдулатӀипов.
Данделъиялда бицана исламияб лъай кьеялъул ва гӀелмуялъул рахъалъ цадахъ рекъон гьабизе бегьулеб хӀалтӀул, Египеталда дагъистаниял-студентазе лъай кьеялъул, фатвабазул рахъалъ бухьен гьабиялъул суалазул хIакъалъулъ. Гьединго хасаб кӀвар кьуна экстремизмалде ва терроризмалде данде къеркьеялъе, радикалиял пикраби ккечӀого рукӀиналъе, гӀадатияб рухӀиябгун моралияб къимат щула гьабиялъе цадахъаб хӀаракатчилъиялде рачIиналде.
Дагъистаналда тӀобитӀизе бугеб халкъазда гьоркьосеб конференциялда гӀахьаллъизе ахӀана министр ва Египеталъул диниялгун гӀелмиял идарабазул вакилзаби. Дагъистаналъул муфтияталъул председателас министрасда саламги бицана шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан.