Аслияб гьумералде

«Баркалаялъулаб сордо»

«Баркалаялъулаб сордо»

«Баркалаялъулаб сордо»

МахIачхъалаялда, «Гьудуллъиялъул минаялъуб», тIобитIана «Баркалаялъулаб сордо» абураб цIаралда тадбир. Гьеб тIобитIана жинда жанив нилъер хирияв авараг ﷺ гьавураб рабигIул аввал моцIалъул хIурматалда. Дандеруссиналда гIахьаллъи гьабуна азаргогIанасев чияс.

ТIубараб моцIалъго республикаялъул шагьараздагун росабалъ тIоритIана рухIиябгун тарбия кьеялъул тадбирал.

«Гьудуллъиялъул минаялъубги» цIалана Къуръан, ахIана нашидал, вагIзаби гьаруна машгьурал гIалимзабаз.

Гьеб тадбир тIобитIиялъе квербакъи гьабуна республикаялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъгун Дагъистаналъул муфтияталъ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...