Аслияб гьумералде

ХIасилал гьаруна

ХIасилал гьаруна

ХIасилал гьаруна

ЛъаратIа районалда тIоритIана риидалилал курсазде хьвадулел рукIарал лъималазда гьоркьоб къецал. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ИзрагIилов Исламица ва муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул ЛъаратIа районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Жамалов МухIаммадица.

Лъималазда гьоркьоб тIобитIараб къецалда, жюриялъ гьаруна хIасилал ва бергьаразе кьуна батIи-батIиял сайгъаталгун шапакъатал.  

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...