Аслияб гьумералде

ЛНРалъул муфтигун дандчIвана

ЛНРалъул муфтигун дандчIвана

ЛНРалъул муфтигун дандчIвана

 

Дагъистаналъул муфтияталда дандчIвана республикаялъул муфти, шайих АхIмад-афанди ва ЛНРалъул муфти Эльдар Гамбаров.

Гьоболас бицана ЛНРалъул бусурбабаз салам битIанин ва лъикIабщинаб гьара-рахьиги гьабулеб бугин абун. Гьединго гьес абуна Дагъистаналда ислам цебетIезабиялъул нухда муфтияталъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIалбихьи гIахьал гьабизеги бокьилаанин абун. 

Луганскиялдаса Дагъистаналде рачIарал лъималазе ва гьезул умумузе Каспи ралъдал рагIалда хIухьбахъи гьабиялъе санагIалъабиги гьаруна Дагъистаналъул муфтияталъ. Гьелъухъги баркала кьуна ЛНРалъул муфтияс шайих АхIмад-афандие.

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...