Аслияб гьумералде

«БацIцIадаб шагьаралъулазе» ифтар тIобитIана

«БацIцIадаб шагьаралъулазе» ифтар тIобитIана

Избербаш шагьаралда жидедаго тIадаб иш ракIбацIцIадго тIубазабулеб предприятия ккола «БацIцIадаб шагьар» абураб идара.  Гьезул хIалтIудаса разиго рукIуна шагьаралъул гIадамалги.

Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, рехсараб шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдулла Салимовасул хIаракаталдалъун ва «Инсан» фондалъул кумекалдалъун гьеб идараялъул хIалтIухъабазе тIобитIана ифтар.

Гьединго тадбиралда гIахьаллъана Избербашалъул бетIер МухIаммад ГIисакъов, шагьаралъул депутатазул собраниялъул нухмалъулев Расул Бакаев, «БацIцIадаб шагьар» ОООялъул директор СултIан Гарибанов.

КIал биччан хадуб хIалтIухъабазда гьоркьоб тIамуна можороги. Бергьаразе щвана гIумраялде ине рес кьолеб путевка ва цогидал сайгъатал.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...