Аслияб гьумералде

Гъведыш росулъ рагьана мажгит

Гъведыш росулъ рагьана мажгит

Гъведыш росулъ рагьана мажгит

ЛъаратIа районалъул Гъведыш росулъ тIобитIана цIигьабун къачIараб мажгит рагьиялда хурхун исламияб мажлис. 90абилел соназго бараб мажгит къварилъун ва жагъаллъун букIиналъ росдал хIукму ккана гьебги биххун дагьаб кIодоги гьабун цIияб мажгит базе. Аслияб куцалда гьелъие харж гьабуна жидерго росдал жамагIаталъ.

Мажгит ккола росдал диналъул даража борцунеб роцен. Гьаб цIияб мажгиталъухъ балагьани, гьеб жанисан чIобогоги течIони Гъведиш росдае къадараб къимат лъицаго кьеларо.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председатель Ислам ГIизраиловас, Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъе нухмалъи гьабулев Шамил ГIусмановас ва Сулейманстальск районалъул имам Шамил-хIажицаги.

ГIелмияб данделъиялде Гъведышисезул рохел гIахьал гьабизе рачIун рукIана Дагъистаналъул ва гьеб бахун къватIибехун гIумру гьабун ругел росуцоялгун районцоял ва цогидал гьалбал. Мажлис ана берцинго. ГIалимзабаз гьарулел рукIана магIна гъваридал вагIзаби, гьоркьо-гьоркьор ахIулел рукIана мавлидал ва туркаби.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...