Аслияб гьумералде

Муфтияталъул хIалтIухъабиги ралагьана

Муфтияталъул хIалтIухъабиги ралагьана

Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица нухмалъи гьабулеб муфтияталъул коллективги балагьана Россиялъул президент Владимир Путинилгун букӀараб чӀагояб эфиралъухъ. Президентас хасаб кӀвар кьолеб бугин социалияб политикаялде, тӀадчӀей гьабулеб бугин хъизамазе квербакъи, гӀун бачӀунеб гӀелалъул ургъел гьабиялде, социалияб рахъалъ загӀипазе кумек гьабиялде, лъай кьеялъул ва сахлъи цӀуниялъул рахъ цебетӀезабиялдейин абун бицана гьениб.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...