Аслияб гьумералде

Владимир Зорин дандчIвана муфтигун

Владимир Зорин дандчIвана муфтигун

РФялъул ЖамгIияб палатаялъул миллатазда, диназда гьоркьосеб ва миграциялъул комиссиялъул председатель Владимир Зорин дандчIвана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандигун. Гьединго дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовасги.

Гьез ракIалде щвезавуна пачалихъияв хIаракатчи МухIаммадгIали МухIаммадов, бицана гьесул заманалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.

Гьединго рорхана жакъа улкаялда церечIарал суалазул, бицана цадахъал данделъаби тIоритIиялъул бугеб кIваралъул ва халкъалъул цолъи букIинабиялъул мурадалда гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ.

Хасаб кIвар буссинабуна СВОялда ругел гIолохъабазе имамзабаз гьабулеб бугеб кумекалде ва жамгIияталда цолъи букIинабиялъул мурадалда гьез гьабулеб бугеб хIалтIуде.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...