Аслияб гьумералде

ТIуразе тIадал

ТIуразе тIадал

Жинда Аллагь разилъаяв Факъигьица абуна: «ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда эбел-инсул адаб-хIурмат гьабиялъул хIакъалъулъ рехсон ва гьеб цIунеян васият гьабун букIинчIебаниги, гIакълуялдалъун лъалеб жо букIана гьеб тIадаб букIин», - ян.

Эбел-эмен руго гьитIинаб къоялдаса бахъараб нилъ хьихьарал ва нилъее тарбия кьурал гIадамал. Эбелалъ гIемерал сардал рорчIана нилъер рахIат цIунулаго.

Сундулъго нилъги тIаса рищула. Жиндирго ургъел таниги нилъее дугIа гьабизеги кIочонаро. Инсуца батIибатIиял захIмалъаби раччула, жиндирго лъималазе къваригIараб чIезабулаго.

Аллагьас абулеб буго эбел-инсул хIакъал цIунеян ва Жиндирго разилъи гьел разиялъулъ лъуна, Жиндирго ццим бахъин гьезул ццим бахъиналъулъ гьабуна.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Дур БетIергьан Аллагьас лагъзадерида амру ва васият гьабуна цохIо Жиндие гурони лагълъи гьабугейин абун. Гьединго амру гьабуна эбел-инсуе лъикIлъи гьабеян абунги. Эбел-инсул кIиялго яги цоял херлъун дуда аскIор хутIани (ва дур напакъа-сахIалде ккун ругони), дуца гьезда щибго рихунеб рагIи абуге, гьезие бокьулареб жоги рагIизабуге. Кидаго бицунеб рагIи тамахаб, хIеренаб бице», - ян. («АльИсраъ», 23).

Эбел-инсул цIунизе кколел хIакъал гIемерал руго. Гьезул бищун кIвар цIикIкIараздасан ккола:

  1. Цонигиял квен-тIехалде, ратIлиде хIажалъани, гьеб чIезаби.
  2. Гьезие хIажатаб хъулухъ гьаби.
  3. Гьез ахIараб мехалъ жаваб гьаби.
  4. Гьез амру гьабураб гьаби, Аллагьасде гIасилъулеб жо хутIун.
  5. Гьездехун гьабулеб калам хIеренаб, тамахаб гьаби.
  6. ХитIаб гьабулаго цIар абичIого тей.
  7. Рилълъунелъур хадур ин. Цере-цере инаро.
  8. Жиндиего бокьараб гьезиеги бокьи.
  9. Жиндиего гьабунщинахъе, гьезиеги мунагь чурагиян дугIа гьаби.
  10. Эбел-инсул гIагарлъиялъулгун хурхен гьаби ва гьудуллъи цIуни.

Эбел-инсуда квешго кIалъазе нилъ бегьуларелго гIадин, цогиял гьедин кIалъазе тIамизеги бегьуларо.

Аварагас абун буго: «ХIакълъунго, бищун чIахIиял мунагьаздасан ккола чи жиндирго эбел-инсуде семи», - ян. Жиндирго эбел-инсуде кин семулевин гьикъидал, Аварагас абунила: «Гьев чияр инсуде семула, дов гьасул инсудеги семула. Чияр эбелалде семула, дов гьасул эбелалдеги семула», - ян. (Муслим).

Эбел-эмен лъималаздаса рази гьечIого хун ругони, гьел рази гьаризе бокьани, щиб гьабилеб?

  1. Лъималаз жалго лъикIал рукIине хIаракат бахъила. Щайгурелъул гьебгIан эбел-эмен рохулеб жо гьечIо.
  2. Гьезул нахъе хутIараб гIагарлъиялъулгун гьудулгьалмагълъиялъулгун хурхен гьабила.
  3. Гьезие лъикIаб дугIа гьабила, мунагьал чурагиян гьарила, гьабураб лъикIаб гIамалалъул кири гьезиеги кьела, гьездасан садакъа бикьила.

«ЦоцIул кIодолъула, кIицIул гьитIинлъула», - ян абулаан умумуз. Нилъерго эбел-эмен ригьалде рахун загIиплъидал, гьездасан каламалъулъ яги пишаялъулъ захIмалъи бихьани, ракIалде щвезабе, гьитIинго, загIипго ругеб мехалъ, щибниги хIал лъазабичIого, гьез нилъ хьихьараблъи. Нилъер хъулухъалде гьел хIажалъидал - берцинаб, разияб жаваб гьабизе тIадаб буго нилъедаги.

СУЛАЙМАН САЙГИТОВ ГУНИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...