Аслияб гьумералде

Лъай кьеялъе гIумру кьурав

Лъай кьеялъе гIумру кьурав

Гьал къоязда нижер редакциялъ сапар бухьана Бабаюрт районалде. Гьеб сапаралда нижее дандчIвазе рес ккана Бабаюрталъул №II школа-интернаталъул нухмалъулевлъун вугев Ибрагьим МухIаммадовичгун. Гьесулгун ккараб накъит кьолеб буго гъоркьехун.

 

- Ибрагьим, дурго хIакъа-лъулъ бицани бокьилаан. Лъималазе лъай кьеялъул нухде мун ккеялъе кинаб сабаб ккараб?

- Дун гьавуна 1970-абилеб соналда, ЛъаратIа районалъул Гьиндиб росулъ. ЦIалана Тобольскалъул пачалихъияб педагогикияб институталъул математикаялъул, информатикаялъул ва вычислительнияб техникаялъул факультеталда.  Дир эмен вукIана мугIалим, математик. Лъаларо кин ккарабали, гьесиего гIадин диеги цIакъ бокьулаан математика. 

ХIалтIана Къардиб ва Ибрагьимотар росабазул школазда. Гьабуна мугIалимлъи, вукIана вожатыйлъун, завучлъун, директорасул заместительлъун ва директорлъун. 2016 соналде щвезегIан гьабуна Ибрагьимотар росдал школалъул директорасул хIалтIи. Гьелдаса хадув тIамуна Бабаюрталъул №11 школа-интернаталъул нухмалъулевлъун. Жакъа къоялде щвезегIан гьенив хIалтIулевги вуго.

 

 

 

 

 

 

- Школа-интернаталда цIалу-лел цIалдохъаби бакI-бакIаздаса рачIаралищ ругел яги бабаюрталъулалищ кколел?

- ГIемерисел цIалдохъаби руго социалияб рахъалъ нахъе ккарал хъизамаздаса. БичIчIулеб къагIидаялъ абуни, мискинал хъизамаздаса, гьединго, сверухъ ругел хъутабаздасаги. Байбихьул школа гурони гьечIел руго гIезегIанго хъутаби, гьебгицин гьечIелги бакIал руго. Нижер школалъул программаялда рекъон, лъималазе дарсал гьаризе кумек гьабула къоялъул ахиралде щвезегIан. КIинусгоялдаса цIикIкIун лъимер буго гьенибго гIумру гьабун. Кинавниги вуго 429 цIалдохъан.

 

- Лъай кьеялдаго цадахъ тарбияги кьезе кколелъул, гьеб рахъалде кIвар кьолищ?

- Гьайгьай лъаялдаго цадахъ букIине ккола тарбияги. Школалъул программаялда руго хасал тадбирал, гьеб мурадалда тIоритIулел. РукIуна батIи-батIиял темабазда «классалъулал сагIталги». ЦIалдохъабазулгун дандчIваялде ахIула полициялъул хIалтIухъаби. Гьез бицуна терроризмалда ва законалъ гьукъарал цогидалги рахъазда сверун хабар. Нижехъе рачIуна муфтияталъул вакилзаби, лъималазе цIалула лекциял. ПалхIасил, хIалтIи гьабула, гьеб рахъалде мугIалимзабазги букIине кколеб кIвар кьола.

 

- ЦIалдохъабазда гьоркьор ругищ наркотикал ва цогидалги гьукъарал жал хIалтIизарулел?

- Наркотикал хIалтIи-зариялъул хIужаби рукIинчIо, амма цогидал, ай гIиси-бикъинал жал загьирлъичIого хутIуларо. Лъималлъидал гьел, кинабго жоялъул хIалбихьизе гъира букIуна гьезул. Гьелда сверухъ нижеца гIемераб хIалтIиги гьабула. Муфтияталъул вакилзабаздаги гьарула гьединал жалазул бицун вагIзаби гьарейилан абун.

 

 

 

 

 

 

- Ибрагьим, школа-интернаталда цIалдохъабазе санагIатал киналго шартIал ругищ?

- Гьереси букIинаро рукIине кколелщинал санагIалъаби ва сурсатал чIезарун ругин абуни. Масала, цIалудаго цадахъ батIи-батIиял махщалабазе ругьун гьариялъе руго 10-ялдасаги цIикIкIун кружокал. Гьединго спорталда ва маданияталда хурхарал рахъал церетIезаризе руго киналго санагIалъаби. Волейболалъул, футболалъул майданал, гугаризе, боксалъе ругьун гьаризе залал. Хореографиялда хурхарал ишазе актовияб зал. Рега-рахъиналъе, квание лъикIал шартIал. Гъоркьиса школалда гьабуна щвалде щвараб ремонтги.

 

- Коллектив батIи-батIиял миллатазул гIадамаздаса гIуцIараб бугелъул, рукIунищ ричIчIунгутIиял?

- Нижер коллектив буго цо миллаталъул, ай дагъистаниял. Гьелда сверухъ щибго хабарги букIунаро. Лъималазда гьоркьобги гьеб ккезе биччаларо. Инсан вуго кIиго батIияв: цояв лъикIав, цогидав - лъикIав гурев. ТIокIаб батIалъи букIунаро.

 

 

 

 

 

 

- «Ас-салам» казияталъулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб?

- Коллективалъ гьабула подписка. Гьелде тIаде, дицагоги гьабун буго школалъе подписка гIурус, магIарул ва лъарагI мацIазда бахъулеб «Ас-саламалъе». МугIалимзабаз гьездаса пайдаги босула.

 

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МугIаммадовас

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...