Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» вакил – жамгIияв хIаракатчи

«Ас-саламалъул» вакил – жамгIияв хIаракатчи

Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа Бабаюрт районалъул ГIалибек-отар росулъ гIумру гьабун вугев Мавлидинов Заур вуго кутакалда жигарав инсан.

 

Гьев хъутаналде вахъаралдаса батила къогоялдасаги цIикIкIун сон. БакIал раялъул устар вукIиналъ гьесул хIаракаталъ росулъ бана цо кIудияб ва цо гьитIинаб кIиго мажгит. Мавлидиновас гIезарулел руго гIачи-бачал, цадахъго бачунеб буго «Ас-салам» казият халкъалда гьоркьоб тIибитIизабиялъул рахъалъ хIалтIиги.

Бабаюрталъул зонаялде щварал ниж дандчIвана Заургун ва рес щвана гьесулгун гьитIинабго гара-чIвари гьабизе.

 

- Заур, нужер гьаниб бан лъугIулеб буго берцин гьабун къачIараб кIудияб мажгит. Гьелъул хIакъалъулъ бицани бокьилаан.

- Гьаб мажгиталъул азбаралда букIана рузман балеб мажгит. Амма гьеб букIана цебегосеб, санагIлъи гьечIеб, кIинусгогIанасев чиясе гурони бакI гьечIеб, жамагIаталъе къваридаб бакI. Мажгит гьечIищха росдал гьумер гIадаб бакI, гьелъ ракIалъ къабул гьабулеб букIинчIо санагIатлъабиго гьечIеб гьитIинаб бакIалда жамагIат данделъулеб букIин. Гьединлъидал пикру ккана дунго хваниги нахъе хутIулеб росдае пайдаялъе санагIатаб мажгит базе.

ЖамагIаталъе бицана гьаб мажгиталъул иш лъикIаб къагIидаялда гьечIо, лъица гьабунги цIи гьабизе ккараб хIалалда бугин абун. Гьезухъги гIенеккун дица абуна хIакимлъи яги рецц къваригIарав чиги дун гурин амма нужеца изну кьуни гьеб иш дица тIаде босилаанин абун. ЖамагIатги гьелда разилъана.

2020 соналъул март моцIалъ байбихьана кьучIал рухъизе. Таваккал Аллагьасде букIун гурони, абизегIанасеб гIарацги букIинчIо. БетIергьанас сабаб гьабунаха, щиб рахъалдасан гьабун батаниги. Цояз бетон кьуна, цогидаз тIох гьабуна, лъабабилез - гъоркь тIамизе халичаби, ункъабилез – хинлъи-цIорой рекъезабизе кондиционерал, щуабилез – къватIисеб рахъалдаса къед берцин гьабун къачIазе облицовкаялъул гамачI кьуна.

Нилъер заманалда къваригIунеб жо батана гьабулеб хIалтIул хIасил кинаб къагIидалда батаниги гIадамазда бихьизаби, гьезда рагIизабун хабар щвезаби. Гьедин гьабиялъул кумекги ккана. КIудияб баркала буго, сундалъун батаниги, гьениб гIахьаллъи гьабунщинасе. АлхIамдулиллагь, Аллагьасе рецц, 20 миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ тIад харж гьабураб мажгит буго гьанже росулъ къачIан хIудурун эхетараб.

 

 

ГIалибек-отар росулъ бараб цIияб мажгит

 

 

2017 соналъги, кIигогун бащдаб моцIида жаниб, бан лъугIизабун букIана нижеца росулъ нусгогIанасев чияс жаниб как базе бегьулеб гьитIинабго мажгит. АлхIамдулиллагь, цеве вахъарав дун вукIаниги, жамагIаталъул гIолохъабаз бажарараб кумек гьабуна.

Гьаб мажгиталдаса рикIкIад гьечIого буго сахаватав муъминчияс киналго хIалтIабиги гьарун, росдал мадрасалъе кьураб чанго класс жаниб бугеб мина.

 

- ГьабсагIаталда мажгиталъул хIалтIи щиб бакIалде щун бугеб?

- Абизе бегьула рагIалде бакIарун бугин абун. ХутIараб жо буго азбаралда гьабулеб хIалтIи. Гьеб иш тIаде босаравги чи вуго. Гьениб букIине буго гIодор чIезе санагIатал бакIалги, гьитIинабго паркги.

 

- «Ас-саламалъулгун» кидалха бухьен ккараб?

- 2008-2009 соназде щвезегIан гьанив «Ас-саламалъул» вакил вукIинчIо. Гьел соназ Бабаюрталъул мухъалда вукIана АхIмад абун районалъул имам. Гьесулгун гьоркьоблъи ккведал бачIана дихъе казияталъул хIалтIи. ГIалибек-отар ва Шодрода росабазул цIалдолезухъе щвезабула дица казият.

 

 

Гара-чIвари гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...