Аслияб гьумералде

СВОялда дронал къачIалев

СВОялда дронал къачIалев

Щивав чи уна жинди-жиндир нухдасан. Цоязе гьеб букIуна парахатаб, цогидазе захIматаб. Жакъа нижеца гара-чIвари гьабулев чи ккола сержант Насиб ЗайнулгIабидов. Гьев гьавуна ва гIуна ЦIияб ЧIикIаб росулъ. Гьесие щвана бакIал ралесул махщел. Амма гьес тIаса бищана рагъулаб хъулухъ. ГIахьаллъана СВОялда, вукIана захIматго лъукъун. Гьел киналго захIмалъабазухъ балагьичIого, гьес жакъаги тIубазабулеб буго тIадаб борч.

 

- Насиб, кин байбихьараб дур рагъулаб хъулухъ?

- Университет лъугIидал дун армиялде ахIана. Хъулухъ гьабуна Москва областалда, Ногинск-9 абулеб бакIалда. Цинги витIана Дальний Востокалде, Находка шагьаралде. Рокъове вуссиндал хIукму гьабуна контракталда рекъон хъулухъ халат бахъинабизе. ТIоцебе Абхазиялда хъулухъ гьабуна лъабго моцIалъ. Цинги гьениса витIана Гъарачай-Черкес республикаялде. Гьанже 12 сон буго дица гьениб хъулухъ гьабулеб бугелдаса.

 

- СВО байбихьулеб заманалда мун кив вукIарав?

- 2022 соналъул февралалда ниж Херсон областалде ритIана.

ТIоцересел къоял рукIана цIакъ захIматал. Кьвагьа-гIанхъи букIана киса-кибего. Амма нижеца бугеб ахIвал-хIалалда рекъон хIалтIи гьабуна.

 

- Кин мун лъукъарав?

- Гьеб ккана ракетаби кьвагьулеб мехалда. Дида ракета бихьана ва вахчизе векерана, амма санагIалъи ккечIо. Бахъана кьвагьи. Гьалмагъзабаз кумек гьабуна ва госпитаталде витIана. Гьезул кумекалдалъун чIаго хутIанин абизе бегьила.

- КигIан заман бараб больницабазда?

- Бащдаб лъагIелалъ больницаялда вукIана дун. ТIоцебесеб ункъо моцIалъ дида тIаде вахъине кIвечIо. Цинги, дагь-дагьккун вахъана ва цIидасан хьвадизе ругьунлъана. ЗахIматаб заман букIана, амма Аллагьасе ﷻ рецц буго, жакъа къоялъ квеш гьечIо.

- Сахлъун хадубги рагъулаб хъулухъалде тIадвуссун вугоха мун…

- Дун ругьунлъана дронал къачIазе. Гьеб кIвар бугеб хIалтIи ккола. Дроназ кумек гьабула хасал тIадкъаял тIуразе. Цо моцIида жаниб гьеб махщел камил гьабуна дица.

 

 

 

 

 

 

 

 

- Рагъулаб хъулухъ тезе рес букIанищ?

- БукIана, амма дица хIукму гьабуна гьеб ишалдаго чIезе. Дир кIудияв эмен вукIана рагъда. Дир хъизамалъул чIахIиялги рагъулаб хъулухъалда ругел чагIи рукIана. Гьединлъидал дица рикIкIуна ватIаналъе хъулухъ гьаби тIадаб налъилъун.

- ЗахIматаб заманалда сунца кумек гьабураб?

- Исламияб диналъ. ЗахIматаб заманалдаги инсан живго вукIунаро, гьесда цадахъ Аллагь вукIуна. Цо нухалъ, рамазан моцIалъ кIал биччазе заман щведал, лъимцин букIинчIо. Цинги вачIун цо чияс дун вачана хинаб квен бугеб бакIалде. Дица кIалги биччана. Гьеб дида киданиги кIоченаро. Инсанасе хъвараб ризкъи, кив гьев вугониги, щола.

- Пачалихъиял шапакъатал щванищ дуе?

- Дун мустахIикълъана Суворовасул, Жуковасул, БахIар-чилъиялъухъ медалазе. Дие гьел ккола дидаго бихьараб ракIалде щвезарулел шапакъаталлъун.

 

- Щиб гьаризе бокьилеб газета цIалулезе?

- Киназего гьарула сахлъи, сабру, рекъел. ГIолилазда абила эбел-инсулги гIагарлъиялъулги ургъел гьабейин. ГIумруялъул щибаб къоялъул къимат гьабейин. Бищунго аслияб жо, ракълида ва гьудуллъиялда хутIаги киналго.

 

Гара-чIвари гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...