Аслияб гьумералде

Дунял гьаби шартI гуро

Дунял гьаби шартI гуро

Гьаб буго рахIатаб, эркенаб заман ва гьабулеб хIалтIиги къо бихьи гьечIеб, кидаго БетIергьанасе ﷻ шукруялда рукIине кколеб. Щайин абуни, хIисаб гьабе, нилъер умумузул ва гьезулги умумузул кинаб заман букIарабали. Дунял рогьаралдаса рукIкIинегIан хIалтIулел рукIине кколаан.

Гьебги жидеего магIишатяшав гьабун гуреб, колхоз-совхозалда. Гьедин гIумру аразул цояй ккола Хунзахъ районалъул ЦIалкIитIа росулъа, 1931 соналда гьаюрай, ГIабдуразакъил яс Булул. Дагьал церегIан къоязда нижер хIалтIухъаби щвана гьелъухъе ва рес ккана чанго суалги кьун гьитIинабго гарачIвари гьабизе.

- Дун гьитIинаб заманалда ункъо класс лъугIизабун гурони школалда цIализе щвечIо, гьебги нижерго росу ЦIалкIитIаса ГьамиштIе хьвадун гьениб лъугIизабуна. Ункъо соналъ гурони цIаличIониги гIезегIан жо лъалаан, гъираги букIунаан. Гьеб соналъ хвана мунагьал чураяй эбелги. Хадусеб соналъ, гIолилай йигинги абун, колхозалъул оцазда цее-хадуй йилъине тIамуна, гьедин кIиго соналъниги колхозалъул оцазда йикIана. ГIемераб гIиги букIана гьеб заманалда. ГIиязда хадурги хIалтIизе ккана гIемер.

Армиялда вукIана кIудияв вац Сурхай. Анлъго соналъ хъулухъги гьабун тIадвуссун вачIана гьев. Сурхай вукIана кутакалда бажари бугев чи, армиялдаса щун хадуб гьес гьабуна дир тIалаб-агъаз. Сурхайица гIамал гьабулеб букIана дун, цогидал вацалгун цадахъ, Харахьи росдал школалде цIализе йитIизе. Амма инсуе бокьичIолъиялъ инчIого хутIана. Цинги хIалтIана дояркалъун, нижер эбелги йикIана гьебго хIалтIи гьабулей чIужу. ГIумруго ана хIамагIадин хIалтIулаго. Инсул рокъоса къватIие инегIан цониги къо ун батиларо хIалтIи гьабун гурони.

- Эмен вукIана кутакалда лъикIав чи. Эбел хун хадуй тIаде цоги чIужу ячаниги гьес нижер гьабулеб тIалаб-агъаз рехун течIо. Гьев вукIана къаси тIаде вахъунги гIибадат гьабулев чи. Чирахъалъул канлъухъе цIалулаан гьес Къуръан ва гьесул баракат щвана нижееги. Доб заманалда диналъул букIараб дица бицаниги ккела, гьалъ бицунебго щибин абун. Амма абила, цо къоялъ инсуца бихьизабуна дида как балеб куц ва гьелъие цIалулел жал хъвараб къагIида.

Хадусеб къоялъ радалиса инсуца как балаго гьесда цадахъ как баледухъ дица кинабго лъазабуна. Цогияб рокъоб инсуца Къуръан цIалулеб мехалъ, дир кидаго гъира букIунаан гьесда аскIойги кIусун, гIенеккизе. Цо нухалъ, диеги бокьун бугин гьеб цIализе лъазабизеян абидал, инсуца дихъе кьуна алиф хъварал тIанчал. Алиф лъазабун хадуб гьес дида малъана цIализе кколеб куцги. Гьелдаса хадуб дица эркенаб заманалъ гьеб цIалулаан, кIоченеги биччачIо. ГIажам хIарпал лъазарун, гIажамалъ хъварал диниял тIахьал цIалана.

Гьанже канлъи дагьлъидал бажарулеб гьечIо цIалун, ракIалдасан лъазабураб такрар гьабула. ЦерегIанго соназ гьаниве имамлъун вачIун вукIарав ГIоротIаса ГIабдуллагьихъеги ун, гьесда абуна, я дир вас, инсуца цебего малъараб жоялда гIамал гьабун йикIун гурони дида лъалеб жоги гьечIо, битIун цIалулеб бугищалиги лъаларо, щиб дица гьабун лъикIилан. Гьес гIемераб жоги бицун, байбихьана росасгун цадахъ бажарараб цIидасан лъазабизе.

- Доб заманалда динисламалъул, гьелъул хIукъукъал тIураялъул иш кин букIараб, гьелда хурхун щиб абилеб?

– ГIолохъанаб заманалъги, дин биччараб гьанжеги кинаб хIал бугеб гьеб рахъалъ?

– Пайда щибха гьанже бицун, гъоб заманалда хурхун дица абула дун йикIанин какги ахIулареб, диналъул тIалаб-агъазги гьечIеб, гьеб гьабизе гIадамалги толареб заманалда гIумру гьабунилан абун. Гьанже бугоха эркенаб заман. ГIумру буго, рикIкIун къоялги кьун, ахираталъе хIадурлъизе биччараб жо. Дунялалъул магIишат гьабун кигIан хъвагIаданиги цадахъ босулеб жо гьабураб гIамал гурони гьечIо. Жакъа гьелде ахIулел руго мажгитахъ имамзабазги гIалимзабазги. Гьаб заманалда гьелъие ресалги кьун руго, Аллагьасе рецц.

– «Ас-салам» казияталъулгун кида лъай-хъвай ккараб?

– «Ас-салам» казияталъулгун лъай-хъвай ккана росулъ тIоцебе мажгит рагьидал, гьелдаса нахъе гьеб дир рокъоса камичIо. Росулъ гьеб тIоцебе хъварай чIужуги дун йикIана. Цо-цо мехалъ, бачIараб газета бихьун, цIализе гъира ккараз босун ун, щвечIогоги хутIулаан казият. Гьанже, канлъи дагьлъун, цIализе бажарулеб гьечIо, амма хъвачIого тезе кIоларо. Цоцо мехалъ аскIоре щваразда цIализабун гIенеккула. Гьелъул рокъоб баракат бугеблъиги халлъулеб буго.

– Казият гьоркьоб ккун, щиб абилеб гIун бачIунеб гIелалда?

– Нужеца диналъул рахъ ккве, щибго пайда гьечIеб дунял жибго те. МагIишат, боцIимал гьанибго толеб жо буго, дир лъимал, гьелда хадур рекеруге. Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабе. Дунялалъул иш БетIергьанас ﷻ тIаде босун буго.

ХIАДУР ГЬАБУНА МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВАС

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...