Аслияб гьумералде

Гьудуллъи ккве тIабигIат берциназулгун

Гьудуллъи ккве тIабигIат берциназулгун

Ас-салам казияталъул цевегосев гьудул, мухбир, Гумбет районалъул Игьали администрациялде гьоркьобе унеб ЦIаналъ росулъа ХIусен-хIажиясулгун нижер цебегоялдаса букIана лъикIаб гьоркьоблъи. Нижер казиятги лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ хъвалеб бакI кколелъул хIукму ккана "Ас-салам" цIалулезулгунги лъай-хъвай гьабизе. Гъоркьехун кьолеб гьесулгун ккараб гара-чIвари:

 

- ХIусен-хIажи, бокьилаан дурго гIумруялъул бицани?

- Гьавуна ва гIуна Гумбет районалъул Игьали росдал советалде гъорлъе кколеб ЦIаналъ росулъ, 1974 соналда. Школа лъугIидал цIализе ана Хасавюрталъул росдал магIишаталъул техникумалде, хъулухъ гьабуна армиялда, цинги лъугIизабуна Дагъистаналъул росдал магIишаталъул академия. ЖамагIаталъул гьари къабул гьабун росдае микьго соналъ гьабуна имамлъи. Гьеб заманалда жаниб росулъ тIоритIулаан мажлисал. Байбихьана хатму-салават гьабизе. ХIасилул калам, Аллагьасул кумекалдалъун гIуцIа-къайй букIана, жамагIалде каказде хьвади цIикIкIана. Борхана фаризаяб хIеж, гьабсагIатги бухьен гьабула росдал жамагIаталъулгун, исламияб хIалтIулъ ресалда рекъараб кумекги гьабулаха.

ХIалтIана МелъелтIа, райсудалда, райбольницаялда, цинги хъизан-лъималгун гочана МахIачхъалаялде, хIалтIана мебел бичулел тукабазда. ГьабсагIат вацгIаласул васасул тукада хIалтIулев вуго.

 

- Дур пикруялда рекъон, унго-унгояв бахIарчи щив кколев?

- Унго-унгояв бахIарчи ккола жиндирго тIабигIат берцин гьабиялда тIад хIалтIулев, ккараб бакIалда ватулев, Аллагьасукьа хIинкъун хьвадулев бусурбанчи. Гьединал чагIи цIакъ къанагIат ругоха гьаб заманалда.

 

 

 

 

 

 

- Нижеда рагIана Инхелоса КIудияс нужер росулъ рукъ бан букIун бугин ва гьев гьениве гIемер вачIунаанин абун…

- Дун МахIачхъалаялда хIалтIуда вукIана, телефоналъ ахIун бачIана ЧIиркъатIаса МухIамаднурица, росулъе ине вугищилан. Дица абуна дагьав цевегIан магIарухъги вукIун щванилан, ракIалда гьечIинха абун. Росулъан къваригIел батани, дова вац АхIмад вугин, дос тIубалин дур къваригIелилан. Щиб-кинали гъосги бицинчIо, гьелдалъун хабарги лъугIана. Цо чанго сагIаталдасан ахIун бачIана Игьалиса тохтур ГIусманица, КIудияв ине рагIулила ЦIаналъе, дуда лъалеб жого бугищилан. РакIалде бачIана ЧIиркъатIаса МухIамаднурилгун букIараб кIалъай. ГIемерав вохиялъ, божуларогоги вукIун, дица цIидасан ахIана МухIамаднурихъе, гъосги тасдикъ гьабуна ГIусманица бицараб. Гьеб букIана хамиз къоялъул бакъанил гIуж. Дица бачIинахъего телефоналъ ахIана дунго хIалтIулеб бакIалъул нухмалъулесухъе, гъосги разилъи загьир гьабун, хIажаталъе дудаго ракIалде ккараб къадар гIарцулги босун аян абуна. Нахъисеб къоялъ радакь дунги ЧIиркъатIаса МухIамаднурги къватIире рахъана ЦIаналъе. ТIоцебе дир дора рещтIана, рохьор санагIалъаби ругел бакIазул халгьабуна. Хадуб бицана МухIамаднурица КIудиясе сахлъиялъе мадар букIине рохьал ругеб бакIин абун тIаса бищун букIанин Гъуниб, Хунзахъ ва ЦIаналъ, мушавара гьабидал ЦIаналъ бихьизабунин абун. ХIасил-калам, рузманги Инхелоб бан, къватIире рахъарал КIудиявги, цадахъ вас ХIусенги, дурцал АхIмадгун МухIамадги, хидматалъул гIолохъабигун дандчIвай гьабуна Балала абулеб бакIалда. БачIинахъего, руссана рохьоре, санагIатаб бакIги балагьун КIудияв накIкIирохьов, гIодобе жоги рехун, вегана. ГIусманица цебеккунго росулъеги ахIун, МухтарахIмадица гIиялъажоги хъун, нижецаги тIадеги жубан, квенги босун хIадурлъи гьабун букIана. Чанго сагIат гьениб бан рукIаго, тIаде щвана КIудиясул вас МухIамадмансурги, ГIисахIажиявги. МаркIачIуде заман гIагарлъулебги букIун, дица бицен гьабуна КIудиясул вас ХIусениде, сордо киб базе бугебин абун. ХIусеница абуна гьеб КIудиясда лъалила, гьес абураб нилъецаги гьабилин абун.

Заманалдасан КIудиясул вас ХIусеница абуна духъ базе бугин сордо. Аллагьасул рахIмат щун батилаха, щвана рокъоре, бана сордоги. Рогьалил гIужалъги КIудияв вилъана росу бакьулъан, бащдаб сагIатгIаги бан батила рогьел баккизегIан росу бакьулъ гIодорги чIун. Гьеб къоялъ росдал рохь бугеб бакIалде, тIабигIат берцинал бакIазде щвана. Нахъе иналде, маркIачIул гIужалда киназего чIумалги кьуна гьес.

Инхелоса КIудиясда хурхарал лъугьа-бахъинал гIемерал рукIана, баян гьабила цо чангояб.

КIудиясда бицен гьабидал лъимал цIализаризе ракIалда бугин, ясал цIализаричIого теларин ккани, тохтурлъиялъе бегьилаян абуна, дицаги кIияйго яс гьенир лъуна, гьитIинай мадрасалде йитIана.

Нилъер цере рукIарал умумузул цоцазулъ ригьин-цIа букIун буго, нилъги цоцазе гIагарал чагIи кколинхаянги абун, велъана КIудияв.

Живги, ХасмухIаммад-хIажиги Бакълъухъе, КIудиясухъе щвезе индал, гьес абунин бицана, чорхое мадар лъугьунила жиндие росу тун къватIиве индал, гьединлъидал, диеги гьаниб бетIералъе мадар букIунаян абуна КIудияс.

 

- Бусурбанчиясул бищун аслияблъун щиб букIине кколеб гIумрудул нухда?

- Дир хIисабалда, бусурбанчи кидаго вукIине ккола Аллагьасул гурхIел-рахIмуялде хьулгун ва ахир мекъи ккеялдаса хIинкъун, дицани абила, какие чуриялда даимлъунги рукIани, щибаб къоялъ садакъаялдаги даимлъани, бажарарабгIан какалги мажгиталда, жамагIаталда рани, бусурбабазул хьвада-чIвадиялдаги ругони, Аллагьас гьединав лагъ рехун теларин абун.

 

- «Ас-салам» казияталъулгун гьудуллъи кин ккараб?

- Гьеб газета кидаго хъвала дица, росулъ вугебгIан заманалъ газеталъул вакиллъунги вукIана. Аллагьас гьеб хъвалезе, цIалулезе сабаб гьабеги икъбал, истикъамат, тавпикъ.

 

- Казият гьоркьобкьун щиб гьарилеб бусурбабазе?

- Дир 50 сонилаб гIумруялъул хIисаб гьабидал, дицани абилаан, устарасдаса пайда босеян, гьелъулъ бугеб баракат ва пайда бихьаразда гурони бичIчIуларо, нилъее гIакълу кьеги имамасда нахърилълъун берцинго хьвадизе.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...