Аслияб гьумералде

ВатIан бугев чияс гьеб цIунизе ккола

ВатIан бугев чияс гьеб цIунизе ккола

ХIурматиял диналъул вацал. Нижеца хIаракат бахъула казияталдасан диналда хурхарал масъалаби гурелги гIумруялъул цогидал рахъалги жанибе бачараб баян загьир гьабизе. Гьоркьо-гьоркьоб нижер дандчIвай ккола шагьаразул ва районазул нухмалъулезулгунги. Гьаб нухалда нужергун лъай-хъвай гьабизе бокьун буго Гъизилюрт шагьаралъул нухмалъулев МухIаммад МухIаммадовасулгун. 

 

– МухIаммад, нухмалъулел хIалтIабазде кин ккаравали бицани бокьилаан.

- Дица лъугIизабуна Душанбеялъул физкультурнияб институт. Гьениса дун вачIана Свердловскиялде ва школалда мугIалимлъун хIалтIана. Гьелдаго цадахъ цIализе лъугьана юридикияб институталдеги. ХIалтIана тренерлъунги. Гьелдаса хадув тIадвуссана Дагъистаналде. Гьанив хIалтIана батIи-батIиял хIалтIабазда. Щибго чIухIи гьабичIого тIадкъанщинаб иш тIубана. ХIалтIана трактористлъун, сварщиклъун, хIатта ана Ставрополалде, хер баччулеб хIалтIуде. Гьеб букIана цIакъ захIматаб хIалтIи. КъватIиб 40 градусалъул багIари бугеб заманалда, вагоналъуб хер сокIкIин бигьаяб иш букIинчIо. Гьеб букIана гIарац къваригIараб мех ва гьениб кIиго моцIида жаниб щвана анкьазарго гъурущ. Гьединго ана Сибиралде ва гьенив хIалтIана бурильщикасул кумекчилъун. Гьенив вукIаго тIамуна спорталъул минаялъул директорлъун. Дун ккола гугариялъул рахъалъ спорталъул мастерги. 

Ригьалде рахарал эбел-эменги рукIун, тIадвуссана ватIаналде. Гьел гIумру гьабун рукIана Тарумовский районалъул Юрковка росулъ. Гьеб заманалда байбихьана советияб улка биххизе. Цинги кооперативги рагьун хIалтIулелъул цIидасанги сверизе ккана тIубараб Россия. Нахъеги рокъове ахIана эбелалъ. Москваялда лъай-хъвай ккана доб заманалда Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министрлъунги цогидал кIуди-кIудиял хIалтIабаздаги вукIарав МухIаммадтIагьир ГIабдулбасировасулгун. Гьес дун тIамуна ДРялъул продовольствияб корпорациялъул директорлъун. Гьединго вищана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги. Цинги вачIана Гъизилюрталда бугеб районазда гьоркьосеб налогазул инспекциялде. Хадув ккана Хьаргаби районалъул нухмалъулевлъун. ДРялъул спорталъул министерствоялъе нухмалъи гьабуна ичIго соналъ. Гьанже вугоха Гъизилюрталъул мэрлъун. 

 

 

 

 

Нилъер ватIан тIагIани яги загIиплъани хъизамалъулцин магIна ва тадбир биххула, хола

 

 

– Союзалъул заманалда Гъизилюрталда букIана чанго завод, предприятия. Улка биххун хадуб гьезулги къисмат лъикIаб ккечIо. Гьанже гIадамазе хIалтIи букIинабиялъе гьабулеб тадбирго бугищ?

- Нижехъа бажарараб кумек гьабула ИП рагьун хIалтIи букIа, производство букIа гIуцIулезе. Гьединал бакIал гIезегIан руго шагьаралда. Къойидаса къойиде тIаде цIикIкIунелги руго гьел. Гьезие щибго квалквал гьабуларо, кумек гьабуни гурони.

– ГьабсагIат сунда тIад хIалтIулел ругел?

- Шагьар буго гIезегIан соназ цебе бараб. Цогидал бакIаздаго гIадин нижерги коммуникациял басралъун руго, хIатта ремонт гьабизецин рес гьечIеб хIалалда. Гьединго лъел ишги буго цIакъ захIматаб хIалалда. ГIалимзабаз чIезабун буго Гъизилюрт мухъалда гъоркь гIемераб лъим, хIатта тIубараб улкаялъего гIураб нахърателцин бугин абун. Гьелда сверухъги буго нижер хIалтIи унеб. ХIукуматалъ хIадур гьарулел батIи-батIиял программабазде гъорлъеги лъугьун, гьарулел руго гIемерал хIалтIаби. Гьезул аслиязул цоябги ккола минабазда цере ругел азбарал къачIай.

Дир пикру буго гьаб шагьар районгун цолъизабуни лъикIаб букIинин абураб.  Дица гьеб пикру республикаялъул бетIерасеги загьир гьабуна. Гьедин гьабичIони, шагьаралда щиб гьабизе кканиги, гIолеб гьечIо ракь.

 

– Арал соназ Гъизилюрталда тIобитIана бищунго кIудиязул цояблъун кколеб ифтIар. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги…

- Гьеб заманалда нижер имамлъун вукIана МухIаммадгIариф Сиражудинов. Гьесул бажариялдалъун гIуцIана гьеб мажлисги. Гьениб бищунго ниж рохараб жоги ккана шайих АхIмад-афандияс гIахьаллъи гьаби. АхIмад-афандилгун дир лъай-хъвай ккун букIана цебего, дов жеги гьанив лъимал цIализариялъул ишалда вукIаго. Гьелдаса нахъе нижер хурхенги букIана.

 

 

 

Щибго чIухIи гьабичIого тIадкъанщинаб иш тIубана

 

 

– ГьабсагIат Украинаялда унеб бугеб СВОялъул хIакъалъулъ щиб дуца абилеб?

- Гьениб нижецаги  гIахьаллъи гьабулеб буго. Дирго васги вуго гьенив. Гьединго цебесеб кьерда вуго кIиго племянникги. Нилъер ватIан тIагIани яги загIиплъани хъизамалъулцин магIна ва тадбир биххула, хола. Жакъа нилъер тушбабазул аслияб масъала буго нилъер ВатIан - Россия биххизаби. Гьединлъидал нилъер улкаялъул нухмалъиялъ гьабулеб иш битIарабги буго. Гьеб буго нилъерго ватIан цIунун гьабулеб тадбир. ГьабсагIатги нижер шагьаралдаса жидеего бокьун гьенире ине хIадурал гIолохъабиги руго гIезегIан. Гьезда гьоркьов дунгоги вуго. Дун гьениве гурхIел-рахIмуялъулаб кумекгунги ун вукIана. Бихьана нилъер гIолохъабазул ахIвал-хIалги. ДандчIвана СОБРовцалгун, Росгвардиялъулалгун ва цебесеб кьерда ругел гIолохъабигун. ВатIан бугев чияс гьеб цIунизе ккола.

 

– «Ас-салам» гьоркьобккун щиб абилеб казият цIалулезда?

«Ас-салам» буго кутакалда пайдаяб казият ва дица киналго ахIула гьелда сверухъ ракIаризе, гьелъие подписка гьабизе. Аллагьас кумек гьабеги киназего.

 

 

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


«Инсаналъ» кумек гьабулеб буго

Дагъистаналда ккараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек буго цIакъго кIвар бугеб. Гьанжеялдего гьез кумек хIажатазе бикьана 20 тонна къайи-цIаялъул ва кванил нигIматазул. Гьединаб кумекин абуни щвана 3000 хъизамалъе. Гьединго «Инсан» фондалъ, къварилъи ккаразе кумек...


Имам АбулхIасан АшгIариясул хIакъалъулъ тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ хIадур гьабун буго кIудияв имам АбулхIасан АшгIариясул гIумруялъул ва гIелмуялъул бицараб тIехь.  КватIичIого гьеб бачIине буго къватIибе ва гьелдаса пайда босизе бегьула бокьарав чияс, хасго студентаз, исламияб гIелму лъазабулез.