Аслияб гьумералде

Бусурманчиясул сипатал

Бусурманчиясул сипатал

Бусурманчиясул сипатал

Аллагьасукьа хIинкъулев, каккӀалалда даимав, кидаго какичуриялда вукIине хIаракат бахъулев. ГӀужда как балев, кванде квер бегьилалде Бисмилагь бахъулев, эбел-инсул адаб ккурав, тIабигIат берцинав, x1арамалдаса рикIкIад чIарав, хIалалалда къвал барав, рекIелъ жахIда гьечIев, хъантIи гьечIев, хIакимзабазе хIелуларев, гьезие хIелун хъулухъазда хадув лъугьунарев, жиндиего бокьулареб цогидазе гьабуларев, Myx1амадил умматалдаго Аллагь гурхIагиян дугIаялда вукIунев, сахлъиги paцlaлъиги цIyнарав, заман гIадада биччаларев, гIелмуялда хадув лъугьарав, буголъи исрап гьабуларев, садакъа кьолев, росужамагIаталда гIамал рекъезабулев, чIyхIиги гIамалкIодолъиги жиндилъ гьечIев, кьураб рагIуе хисуларев, бицунебги гьабулебги данде кколев, тIад къараб ва тIаде босараб хIалтIи ракIбацIцIадго тIубазабулев.

Щибаб къоялъ напсгун къеркьолев, кIудиязул адаб ккурав, гьитIиназул хъатир бугев, хваразде зиярат гьабулев, рузман сордо чIаго гьабулев, гъибат гьабуларев, гьереси бицунарев, хIакъаб рагIи бадибе абулев, щибаб къоялъ Къуръан цIалулев, Аллагь цо гьавулев, Авараг ритIухъ гьавулев. Цо кIудияв гIалимас абулаан: «ТIахьазда хъван буго цо заман бачIинин гъалбацIазyл pyкIниреги лъугьун гIанкIал жал гъалбацIалилан чIараб. Гьединавлъун унго-унгояв бусурманчи вукIине бегьиларо», - ян.

МУХТАР САГIИДОВ, ГУМБЕТ РАЙОН, ГЬОРКЬ-ИНХО РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...