Аслияб гьумералде

Суннаталъулъ буго къуват

Суннаталъулъ буго къуват

Какилъ суннат бугин абун цоцояз кIвар гьабичIого тола чанго жо. Нилъер щаклъи гьечIо суннат тIубани какил кири цIикIкIунеблъиялда ва гьелда жаниб бугеб рухIияб къуваталда. Гьединлъидал как мухIканаб букIунаро нилъеца суннатал тIурачIони.

Ахирисеб «АттахIийяту» цIалун Аварагасде ссалатги битIун хадуб салам кьелалде цIализе суннатлъулеб дугIа буго:

«Аллагьумагъфир ли ма къаддамту ва ма аххарту ва ма асрарту ва ма агIланту ва ма асрафту ва ма анта агIламу бигьи минни анталь мукъаддиму ва анталь муаххиру ла илагьа илла анта астагъфирука ва атубу илайка», - абун.

МагIна: «Я, дир Аллагь, Дуца дир церехун гьаруралги хадур гьаризе ругелги мунагьал чуре, балъго гьаруралги тIатун гьаруралги чуре, гIорхъолъа борчIун исрап гьабурабги чуре, дида лъалареб Дуда жиб лъалебги чуре, Мун Дуе бокьарав цеве ккезавулев (тIадегIан гьавулев), Дуе бокьарав нахъе ккезавулев (гIодовегIан гьавулев) вуго. Мун гурони жиндие лагълъи гьабизе бегьулеб щибго жоги батун гьечIо, дир мунагьал чуреянги гьарула дица Дуда, дун Дудехунги вуссуна (тавбу гьабун)».

Хадубги абила: «Я мукъаллибал къулуби саббит къалби гIала диника».

МагIна: «Я Жиндие бокьухъе ракIал сверизарулев Аллагь, Дуца дир ракI дур диналда чIезабе».

Хадубги абила: «Аллагьумма инни заламту нафси зулман касиран кабиран ва ла ягъфиру ззунуба илла анта фагъфир ли иннака антал гъафуру ррахIим».

МагIна: «Я, дир Аллагь, дица дирго напсалъе гIемераб кIудияб зулму гьабуна. Мунагьалги Дуца гурого чуруларо, Дуца Дудаго аскIоса (Дур рахъалдаса) дир мунагьал чуре, Мун дидаги гурхIа, Мун цIакъ гурхIулев вуго».

Хадубги абила: «Аллагьумма инни агIузу бика мин гIазаби жагьаннама ва мин гIазабил къабри ва мин фитнатил масихIи ддажжал».

МагIна: «Я, дир Аллагь, дица Дудалъун цIуни тIалаб гьабула жужахIалъул гIазабалдасаги, хабал гIазабалдасаги, хвалилгун чIаголъиялъул питнаялдасаги, масихI дажалил питнаялдасаги».

Гьаб ахирисеб дугIа цIакъ кIвар цIикIкIараб ккола. Гьеб цIалеян кьучIаб хIадисалда амруги бачIана. ТIадеги, батIаго как балев чиясги, имамасда хадув вугев чиясги, гьес салам кьун хадубги дугIаби цIикIкIинаризе бегьула.

«АттахIийятуялъул» ахиралда дугIа гьабичIого тезе карагьатаб буго. КIиго ракагIаталъ имамасдаса кватIун как бухьарав маъмумас тIоцебесеб «АттахIийят» цIалун хадубги гIадада вуцIцIун чIечIого «Кама ссалайта», гьелда хадур гьарулел дугIабиги цIализе суннатал руго.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...