Аслияб гьумералде

«Ас-салам» казият – Уздалросулъ

«Ас-салам» казият – Уздалросулъ

«Ас-салам» казият – Уздалросулъ

 

Уздалросдал школалъул директоралъулгун гьабураб гара-чIвари.

 

 

Дагьал церегIан къоязда «Ас-саламалъул» хIалтIухъаби щвана Хунзахъ районалъул Уздалросулъе. Гьелъие гIиллаги букIана рехсараб росдал школалда «Ас-саламалде» цIакъ кIвар кьолин, хIатта гьелда тIасан кружокалцин тIоритIулин абураб хабар нижехъе щвей. Гьенире щведал нижеца гара-чIвари гьабуна школалъул директоралъулгун ва цо-цо учительзабазулгун. Гьелъул ккараб хIасилалъул хIакъалъулъ цIализе бегьула гьаниб гъоркьехун.

 

 

 

 

- Бокьилаан дурго хIакъалъулъ бицани.

- Дида цIар бугоха МухIаммадова ГIайпанат МухIаммадрасуловна. Гьаюна ва гIуна ГIобода росулъ. Дир лъимерлъиялъул ва гIолохъанлъиялъул заманалда как-кIалалъул ишалде кьолеб кIвар чучаб букIана. Кин бугониги, гьитIинго как-кIалалда тIадчIезе рес щвана. Школа лъугIана ГIобода росдал школалда. Гьеб лъугIидал цIализе лъугьана ДГУялъул физикиябгун математикаялъул факультеталде. Шагьаралда хIалтIизе бакI бигьаго шоларелъул дун магIарухъе ана. 1987 соналда рехсараб факультет лъугIидал, математикаялъул дарсал кьезе йитIана ТIагьада росдал школалде. Уздалросдал администрациялда гьоркьоб буго Уздалросу, ТIагьада ва ХъахIикIкIал росаби. Лъабабго росдада гьоркьоб цо школаги букIана. Гьений анлъго соналъ хIалтIидал, дида тIадкъана директорасул заместителалъул хъулухъ. Гьелдаса хадуй тIамуна Уздалросдал школалъул директорлъун.

 

- ЕГЭгун ОГЭялъукьа хIин-къулел руго цIалдохъаби. Дур пикруялда, щиб хиса-баси ккараб ахираб заманалда?

- Гьеб битIараб буго. ЕГЭялъул цIар бахъидал лъимал цIакъ хIинкъула. Амма хIинкъизе ккараб жо гьениб щибго гьечIо. Нижеца цIалдохъабазда гьелъул цIарго бахъуларо. Аслияб жо лъай щвей бугин абула. ЦIаларав чиясда бокьараб экзамен кьезе кIола, щиб цIар гьелда лъуниги. Кин бугониги цIалдохъаби, ЕГЭялдаса хIинкъун, ай гIемерисел 9 класс лъугIидал нахъе унел руго. ЦIакъ дагьав чи гурони хутIулев гьечIо 11 класс лъугIизегIан. Росулъ цIалдохъабазул къадар 10-16 цIалдохъан вуго щибаб классалда. Гьеб квеш бугинги абиларо.

 

- Цебе гIадин цIалдохъабаз учительзабазул адаб гьабулищ?

- Цебе гIадаб кутака гьечIониги, учительзабазул адаб гьабулел лъимал руго школалда. Школалда цо ккураб ратIлил формаги буго. Рузманалде унарев васги вукIунаро. ГIемерисел учительзаби хIежалде аралги руго.

 

- Муфтияталъул дагIваталъул отделалъул хIалтIухъаби рачIунищ нужехъе?

- РачIуна ва гьез гIемераб хIалтIиги гьабула. Анкьида жаниб цо нухалданиги гьел нижехъе щола. ГьитIинал лъималазда АлхIам ва АттахIият битIун цIализе малъизе дибирги вачIуна. Учительзабазда Къуръан цIализе малъизе мугIалиматунги ячIуна.

 

 

 

 

- «Ас-салам» казияталъулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб?

- КигIан кIваниги лъикIаб буго. Лъималазе бицуна гьениб хъвараб-таралъул, гьарула кружокал.

ТIоцебе «Ас-салам» дида лъана СагIид-афандияс цIалеянги абун кьедал. Ниж гьесул муридзаби рукIиндалха. Гьелдаса хадуб лъаларезеги гьеб казияталъул хIакъалъулъ бицунаан. «Ас-саламалдаса» пайда босула.

Учительзабазги, щибаб классалда, гьелъул бицуна ва цIалула.

 

- Гара-чIвариялъул ахиралда щиб гьарилеб?

- Лъимал лъугьаги иман бугел, бицараб ва малъараб жо босулел, эбел-инсухъ гIенеккулел. Жакъа хIинкъараб заман буго, хасго лъималазул гIакълу хисизабизе ресал гIемерлъун руго. Эбел-инсуца тIадчIей гьабизе ккола, кинабго жо учительзабазде рехун тезе бегьуларо.

Аллагьас ﷻ цIунаги рагъ-кьалалдаса. Амин.

 

 

 

Къасумова Салимат, Уздалросдал школалъул учительница:

 

 

 

Буйнакскиялъул педучилище лъугIидал, Салимат хIалтIана ТIагьада росдал школалда. Цинги Уздалросулъ школа рагьидал, гьение хIалтIизе ана ва жакъа къоялъги хIалтIулей йиго.

 

- Салимат, школалде бачIунеб лъимадуе щвараб тарбия ва лъай щиб даражаялда букIине кколеб?

- Дир пикруялда рекъон, школалде бачIинеб лъимадуе рокъосанго эбел-инсуца кьун букIине ккола битIараб тарбия. Эбел-инсул учительзабаздехун бугебго бербалагьи, лъималазулги букIуна. ЛъикIаб букIина школалде иналде цебе хIадур гьариялъул дарсазде хьвадани. Жакъасел гIисинал лъималазе бихьизабураб программа гIезегIан захIматаб буго. Амма тIадчIей гьабуни, бажарулареб жо букIунаро. Гьелдаго цадахъ гIемераб жо бараб букIуна лъимадуе щвараб тарбиялдаги. Масала, школалда цIализе лъикIал ругониги, тарбия мекъаб бугони, гьезул къисмат лъикIаб кколаро. Гьединал хIужаби гIемер рихьана дида. Кин батаниги учителасда тIадаб иш буго лъималазулгун хIалтIи гьаби.

 

 - Гьаб заманалда магIарухъ ругел лъималаздацин рахьдал мацI кIочон толеб буго. Гьелда бан дуца щиб абилеб?

- Дун школалде хIалтIизе ячIиндал, лъикIаб хIалалда гIурус мацIцин лъалароан. ГIурус мацI лъикI лъалев чи къанагIат гурони вукIинчIо. Заман арабгIан гьелъул иш гIаксалде сверана. Гьале 5-6 сон буго, лъималазе дарсал гIурус мацIалъ баян гьаризе кколел ругелдаса. МагIарул мацIалда хIалтIизарулел рукIарал гулгун, парччи, гIеретI, хъаба, хъандеро гIадинал рагIаби кIочонел руго. Гьеб гьечIищха балагь. МацI гьечIони, миллатги букIунаро. Жакъа нилъер лъималазда дагьабго гурони лъалареб магIарул мацI, гьезул лъималазда тIубанго лъазе гьечIо.

 

 

 

 

ГIолеб гIел машгъуллъун буго телевизоразде, телефоназде. Гьенисан рагIулеб буго гIурус каламги. Гьеб хехгоги босулеб буго лъималаз. Гьединлъидал, заман гьечIинги абун, эбел-инсуца гьезде кьолеб кIвар чучлъизе тезе бегьуларо.

 

ХIадур гьабуна: Шамил МухIаммадовас ва Жабир Мажидовас

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...