Аслияб гьумералде

ЦIодорлъи гьабе

ЦIодорлъи гьабе

Жиндие хъвараб ризкъиялдаса инсан махIрумлъиялъе сабабал:

  1. Гьереси бицин.
  2. ГIемер кьижи ва гIицIго кьижи.
  3. Жунубго (черх чуризе ккун вукIаго) кванай.
  4. Стол бакIаричIого тей.
  5. Пер-ражиялъул хъал бухIи.
  6. Къаси сардилъ рукъ лъухьи.
  7. Рокъоб хъанхъра тей.
  8. ЧIахIиязда цеве-цеве вилъанхъи.
  9. Эбел-инсуде цIараздалъун ахIи.
  10. Ракь-хIарщалдалъун кверал чури.
  11. Какие кIарчанлъи гьаби.
  12. ТIадго ретIел букъи.
  13. Мажгиталдаса хехго къватIиве вахъин.
  14. Радалго базаралде ин ва гьениса вачIин хlинц гьаби.
  15. ЦIарагI чорокго тей, ай чуричIого.
  16. Гьардолел факъирзабазухъа чед бичун боси ва гьезда чед гьари.
  17. Чирахъ тIадеги пун свинаби.
  18. Бекараб гьоркьоялъ рас ххай.
  19. Эбел-инсуе дугIа гьаби тей.
  20. ГIодов чIун тIагъур лъей.
  21. Вахъун чIун тIажу ретIин.
  22. Бахиллъи.
  23. Напакъа кьезе кколел чагIи къварид гьаби.
  24. Исрап гьаби, ай гьоркьохъеб къагIидаялдаса цIикIкIун гIарац хвезаби.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...