Аслияб гьумералде

Квен кин дагь гьабилеб?

Квен кин дагь гьабилеб?

Щибаб къойил кваналеб ригь чIезабила. Масала, къойида жаниб кIиго нухалъ кваназе ратани, гьелъиеги заман чIезабила ва цогидаб заманалда щибго кваналаро. Бищунго лъикIаб буго цIакъго ракъидал кваназе. Кванирукъ унтараз, зама-заманалда кваназе кколез гьеб жидедаго рекъезабила. 

Кваназе лъикIаб гьечIеб квен-тIех рокъобе босуге. Масала, печенаби, конфетал, тортал, мороженое ва цогидабги гьезда релълъараб.

Гьуинлъаби хисила пайда бугеб кванидалъун. ЦIакъго яхI гьабизе кIоларого бугони, заралиял жал кваначIого, гIеч, ламадур кванала, рахьдал стакан гьекъела.

Тукадаса босараб гуреб, гIадатияб квен кваназе хIаракат бахъила. Масала, гьан, ччугIа, ражигун пер, овощал, рахьдал нигIматал.

Кваналеб кванил къадар дагь гьабила. ГIемераб жо цебе лъедал, чехь гIорцIун бугониги бер гIорцIулареб гIадат бугелъул.

Кваналеб мехалда телевизоралъухъ балагьизе, компьютералда нахъа гIодор чIезе, телефоналъуве ваккизе лъикIаб гьечIо. Пикраби цогидаб жоялда руссун ругони, лъазего лъачIого, гIемераб жо кванан батула.

Заманалда кьижа ва спорталда тIадчIей гьабе. Эркенаб заман гIемерлъарабгIан стресс цIикIкIуна. Стресс цIикIкIиндал кванде цIайиги цIикIкIуна.

 Абула, нилъ жаниса кваналеб цIарагIалъул кьералда барабги букIунин инсанасул кванде гъира букIингийилан. Масала, багIараб, тIогьилаб кьералъул цIарагIалда жаниса кваналелъул, кванде цIайи цIикIкIинабула. ХъахIилаб, гIурччинаб цIарагIалъусан кваналелъул, кванде цIайи дагь гьабула.

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...