Аслияб гьумералде

ГьитIинабго насихIат

ГьитIинабго насихIат

ГьитIинабго насихIат

Рокьи гвангъизабула гIоло-хъанлъиялъги чорхол гьайбатлъиялъги, гьеб хехго ссунги уна гIолохъанал рос-лъадул сахаватаб гIамалалъги рухIияб къадруялъги къойилго цIилъизабулеб гьечIони.

 

Рехсей гьабила рос-лъадуца жидеда гьоркьор цIуни гьаруни, талихIалде рачунел чанго рагIиялъул:

– Жидеего цоцаздаса бокьанщинаб жо рос-лъадуца тIалаб гьабизе ккола дагIба-рагIиялдалъун гуреб, цоцазул гIакълу къабул гьабиялдалъун ва божилъиялдалъун.

– ЯцIцIадай, намус цIунарай лъади гIадамазда гъорлъе яхъине рекъараб буго цохIо росгун цадахъ, гьев гьечIеб мехалъ, йихьичIого хьвадиги бецараб буго.

– Махсарабаздасаги аваданаб гьимиялдасаги махIрум гьаюн лъадигун хъачIго вукIунев чияс, гьей тIамула къватIиб рохел-аваданлъи балагьизе.

– Лъадуца мугъчIвай гьабизе лъикIаб буго жинда цадахъ бачIараб бечелъи – кьибил-тухумалъул тIадегIанлъиялде, жиндирго берцинлъиялде гуреб – хIалимлъи-хIеренлъиялде, гIамал берцинлъиялде, дагIбадичIого – къун чIезе лъаялде. Щибаб къоялъ гьел къадруял рахъал цIунизеги ккола жигаралда, йохун ва ракIбан.

– Россабазе мутIигIлъиялдалъун лъудби мустахIикълъула реццалъе ва хIурматалъе.

– Лъадул гIамал хвезабизе бегьула гьагал гьудулзабазухъ гIенеккиялъ. Гьединал малъарухъабазе ва мацIихъабазе, гIундулали кир гурин, рукъалъул нуцIбигицин рагьизе бегьуларо. ЦIадудаса гIадин цIунизе ккола гьездаса.

– Сахаватлъиялъги берцинаб гIамалалъги рос асир гьавулей хIалимай лъадуе хIинкъизе бакI гьечIо гьев цогиялъ викъиялда.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...