Аслияб гьумералде

ГIолилазе насихIат кин гьабилеб?

ГIолилазе насихIат кин гьабилеб?

ГIолилазе насихIат кин гьабилеб?

ГIолохъанлъиялде рахунеб гIужалда лъимал тIуранго хисула. Гьеб лъаларев чиги ватиларо.

 

ГIемерисел эбел-инсудаги гьединал лъималаздаги гьоркьоб ричIчIунгутIиялги ккола. Гьеб сабаблъун, гIолилаз насихIатал къабул гьаризе инкар гьабула, гIенеккуларо. Гьездаги умумуздаги гьоркьоб букIараб бухьен тIола. Гьединаб мехалда, мисал босизе рекъарал къисаби, лъугьа-бахъинал рицина гьелъул вац-яцазе, гьелда рагIулеб хIалалда. Гьел рукIине бегьула унго-унголъун ккаралги яги хIалалъухъ балагьун ургъун рахъаралги. ГIенеккун гьечIеб ххвел гьез гьабуниги, байбихьараб иш рехун тоге. Напсалъ лъаледухъ гIинтIамизе течIониги, гIемерисел гъоркьанго гIенеккула гьединал лъугьа-бахъиназухъ.

Бищунго эбел-инсул насихIатазулъ хIажалъи бугеб, амма гьел къабул гьаризе чIухIулеб, гIумруялъул захIматаб бутIаялде бахараб лъимер рехун тоге!

 

Хадижат Хизриева

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...