Аслияб гьумералде

Салул авлахъал гIурчинлъи

Салул авлахъал гIурчинлъи

ГIемерисел гIадамазда ракIалде ккола Къиямасеб къоялъул гIаламатазул квешал лъугьа-бахъинал гурони рукIунарин. Амма лъикIал гIаламаталги камуларо. Гьединаздасан ккола божилъиялда ва гьарзалъиялда рукIин.

Аварагасул заманалда Макка-Мадинаялда рукIарал бусурбаби кидаго тушбабигун рагъулел рукIунаан. Цо къоялъ аварагас бицана дагьал сонал индал ва Къиямасеб къо гIагарлъидал хIинкъигьечIолъи цIикIкIун гьарзалъизе бугилан.

Гьес абуна: «Къиямасеб къо щвеларо гIарабазул ракь цIидасан гIорал жанисан чваххулеб, гIурччинаб мегIер-гIалахалде сверун гурони. ГIиракъалдаса Маккаялде вахъарав нухлуласе нух къосин гурони напсалъе щибго хIинкъи гьечIеб заман тIаде бачIун гурони», - ян. (АхIмад).

Гьаб хIадисалдасан баянлъана кидаялиго гIарабазул салул чIобогояб авлахъ гIурччинаб авлахълъун букIараблъи. Геологазги чIезабуна «КIудияб цIер чIвараб» заманалда гьеб лъугьа-бахъин ккей. Гьанже ругел гIалимзабазги хIалбихьиял гьарун бицана Къиямасеб къо гIагарлъидалги северияб полюсалда бугеб цIер гIарабазул ракьаздехун багъариялъ гьавабакъ хисун, цIидасан цIадалгун гIазу бан ракь гIурччинлъиялде сверизе бугин.

Цебе рехсараб хIадисалда буго нухлулав божилъиялда вукIининги. Гьединаб божилъи асхIабзабазул заманалдаго халлъана. Бусурбабазул халипаталда гIадамаз эркенго, боцIи-малалда ва напсалда хIинкъи гьечIого гIарабазул ракьазде сапарал гьарулаан.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ аварагас 1400 соналъ цебе бицана нилъее. ГIадий абурав асхIабас бицун буго аварагас жинда гьикъанин: «Ле, ГIадий, дуда ХIират бихьанищ? (ГIиракъалда бугеб шагьар). Дица абуна бихьичIин, амма дие гьелъул хIакъалъулъ бицанин абун. Аварагас абуна: «Халатаб гIумру кьуни ХIираталдаса КагIбаялде тIавап гьабизе сапаралъ унеб загIират (вараниялда тIад лъолеб чадиралда рекIарай чIужугIадан) бихьила дуда. Аллагьасукьа гурони сундукьаго гьей хIинкъизеги гьечIо», - илан. (Бухари).

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...