Аслияб гьумералде

ГIажамиязулгун рагъ

ГIажамиязулгун рагъ

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «БагIараб гьумералъул, чIинтIарал къалазул, къваридал беразул Хузалгун ва Кирманалгун гIажамиял рагъун гурого Къиямасеб къо щвеларо. Гьезул гьурмалги тIад махх ккураб хъалхъаналда релълъун рукIина, хьиталги квасул рукIина», - ян. (Бухари)

Хуз къавм ккола ГIиракъалъул гIажам халкъалъ гIумру гьабулеб букIараб рахъ. Гьеб бакIалде Хузастанинги абулаан. Кирман ккола бакътIерхьудехун персазул ракьал ругеб ва севералъулаб рахъалъ Хурасан бугеб кIудияб бакI.

Щайха гIажамиязулгун рагъ бай Къиямасеб къоялъул гIаламатлъун кколеб?

Бусурбабаз гIажамиязда тIад бергьенлъи босидал гьезул гIемерав чи исламалде вачIана. Цинги жагьилаб заманалда жидер букIараб динги игIтикъадги исламияб дингун жубазабизе байбихьана гьез. Гьеб сабаблъун гIемерал батIи-батIиял къосарал рикьалабиги раккизе байбихьана. Гьелде тIадеги лагълъиялда ругез, нухмалъи гьабизе бажаричIел къурайшиял- церехъаб и тIаса рехулел рукIана.

Гьеб ритIухъ гьабула АхIмадица «Муснадалда» бицараб хIадисалъги. Аварагас абуна: «Дун хIинкъун вуго ТIадегIанав Аллагьас нужер кверщаликье гIемерал гIажамиял кьелин, цинги гъалбацIлъун лъугьун, рагъун нужер гъанимаби кваназе ругел», - илан.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...