Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Парихан, Буйнакск.

Дица бана 18 сон. Йиго ригьнадаги. КватIичIого гьабизе буго лъимерги. Нолъ кьижилалде цебе росасулгун кIалъай ккана лъимада лъолеб цIаралда тIасан. Гьесие бокьун буго жиндирго инсул цIар кьезе. Амма дие гьеб рекIее гIечIо. ГIемер какулаан якьадалъ дие гьев. ГьитIинаб кIиго лъимергун гьейги рехун тун ячун цоги чIужугун свердулев вукIунаанин гьевилан бицунаан гьелъ. ТIадежоялъе, лъадуда кьабулебги букIун буго. Дие бокьун буго гьитIинаб къоялдаса нахъе эмен дие хисарав, жиндирго яс гIадин дун хьихьарав, дир киналниги анищалги жинца тIуралев вукIарав ва гьанжегицин дир ургъел гьабулев бесдал инсул цIар кьезе. Гьеб пикру росасе загьир гьабидал, гьесул кутакалда ццин бахъана ва диде вагъана. Бищун рекIелъ къараб жо буго, гьединаб цIар лъурав вас дие къваригIунцин гьечIин гьес абурал рагIаби. Цинги ретIелги ретIун къватIиве унагоги, нахъги вуссун гьес абуна: «Метерго ячине йиго цоги чIужу, дие бокьараб цIар лъезе лъимер дие гьабулей», - ян. БецIаб рокъой дунги тун, нуцIаги кьабизабун гьев ана. Сордо кин рогьарабали лъаларо. Гьеб къоялдаса нахъе берал магIил цIечIеб заман дир гьечIо. Щиб дица гьабилеб!? ГIага-божаразда бицинеги бокьун гьечIо, гьединлъидал хъвана нужер казияталде. Хьул буго нужеца бихьизабураб битIараб нухги ккун кинабго лъикI букIинин абун.

ГIалимчиясул жаваб

Лъимер ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьураб кIудияб нигIматазул цояб. Исламалда рекъон хъизан гьабиялъул аслияб мурадго буго лъимал гьарун Аллагьасул Расуласул наслу цIикIкIинаби. Умумузул аслияб масъала ккола лъималазе битIараб тарбия кьейги. Лъимералда лъезе хирияб цIар тIаса бищизе беццараб буго. Бищунго хирияб цIар буго ГIабдуЛлагь, хадуб - ГIабдурахIман.

Аварагзабазул яги вализабазул, гIалимзабазул цIаразул цояб тIаса бищизеги беццараб буго. МухIаммад ва АхIмад абураб цIар лъеялда жанибги гIемерал хиралъаби руго. Лъималазул цоясданиги МухIаммад абураб цIар лъечIого тезе рекъараб гьечIинги буго.

МухIаммад абураб цIар бугев васасда Аварагасул цIаралъул хIурмат гьабун кьабизе бегьилариланцин буго. Ясазеги Аварагзабазул руччабазул ва лъикIал вализаби хIисабалда машгьурлъарал руччабазул цIар бищизе лъикIаб буго. Квешаб магIнаялъул яги магIнаго гьечIел цIарал лъималазда лъезе какараб буго. ШаргIалда какараб цIар бугесда гьеб хисизецин суннатаб буго. Хъизан-агьлуялда Аллагьас баракат лъола гьабулеб иш дандбан гьабуни ва хIатта лъимералда лъолеб цIаралъулъги.

Амма рос-лъади цо пикруялде рачIунел гьечIони, лъимадуе цIар тIаса бищизе бищунго мустахIикъав эмен вуго, хадув - инсул эменги вуго. Исламалда гьечIо эбел-инсул яги умумузул цIар кьезе кколин абураб жо. Нужер масъалаялъулъги балагьизе ккола росасул инсуда щиб цIар букIарабали. Исламалда данде кколареб ялъуни магIна квешаб цIаралдасан батани, росасда берцинго бичIчIизабизе ккела шаргIалда рекъон гьединаб цIар кьезе лъикIаб гьечIеблъи.

Амма хварав инсул яги гIагарлъиялъул чиясул, масала, МухIаммад, АхIмад яги Аварагасул цогидаб цIарги букIун, лъимералда гьеб цIар лъезе бокьарав чиясе Аварагасул цIар хIисабалда, гьелде къасдгун лъезе хирияб буго. Бичасул аварагас нилъее васият гьабуна руччабазул ракI бакъвазабугеян.

Хирияс rабуна: «Нужер бищун лъикIал хъизанагьлуялдехун ликIал руго ва дунги бищун лъикIав вуго хъизаналдехун», - илан.

ЧIужугIаданалъе лъимаде йигеб заман буго бищун захIматаб. Бихьинчиясе рекъараб букIинаро, хасго гьеб гIужалъ, гьелъул ракI хвезабизе. Гьелдаго цадахъ баччараб захIмалъи бихьун лъимаде йигей гIаданалъе ТIадегIанав Аллагьасул разилъиги щола, ажрукириги хъвала. Аллагьас кумек гьабеги!

Психологасул жаваб

Гьабизе бугеб лъимадуе цIар тIаса бищи захIматаб иш буго, хасго рослъадул пикру данде кколеб гьечIони. Лъураб цIаралъцин инсанасе асар гьабула, гьесул тIабигIатцин лъураб цIаралда бараб букIунин абула гIалимзабаз. Гьелъул магIнаги ккола, балугълъиялде вахиндал цIар дандекколеб гьечIони, гIумрудулъ гьесул церетIеял дагь рукIунин абураб.

Жиндирго цIар къабул гьабуларев чияс живгоги къабул гьавуларо. Гьединав чи, гIемерисеб мехалда, вукIуна гIадамазда гьоркьове вахъинеги бокьуларого. Ва гьелъул гIаксалда, жиндирго цIаралдаса разияв чи кидаго эркенго вукIуна, гьесие живгоги вокьула, гьабулеб-толелдаса воххунги вукIуна. ГIемерисеб мехалда инсанасе жиндирго цIар бокьичIого букIинеги рес буго, гьеб исламалда данде кколареб, квешаб магIна жиндилъ бугеб батани.

Росасул эмен квешав чи вукIун ватаниги, гьесул цIар лъурав чиги гьединавго квешав вахъунин абураб жо битIараб гьечIо. Чанги чи ватила дур вакьадасул гIадинаб цIаргун, амма кутакалда гIамалтIабигIат лъикIал. ХIатта гьеб цIар батизе рес буго аварагзабазул, вализабазул, шайихзабазул. КIудияв гIедал васасе бокьичIони гьеб цIар, хисизе бегьулагури.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...