Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьоркьоблъи хвезабизеги бокьун гьечIо...

 

Гьудул-гьалмагъас рагIи кьун букIана, цо хасаб магаричалъухъ, дие лъикIаб хIалтIи балагьизе. Дунги гьес абуралда разилъана. Дида ракIалда букIана, гьес хIалтIи балагьани, гьесие сайгъат кьелин абун. Гьес рагIи ккуна ва лъикIаб хIалтIи балагьана. Амма дихъа тIалаб гьабулеб буго гIемераб гIарац. Щиб дица гьабилеб? Гьоркьоблъи хвезабизеги бокьун гьечIо, амма гьес абураб гIарацги кьун бажаруларо.

 

Къебед, п. Ленинкент

 

ГIалимчиясул жаваб

Бусурбанчиясул бищун аслиял тIабигIатаздасан ккола аманат, ай божилъи. Нилъер Аварагасухъе ﷺ авараглъи рещтIинегIан цебе гьесие Аминилан, ай Божарав абун цIар кьун букIана гIадамаз.

Аварагасги ﷺ божилъиялде гIемер ахIулаан бусурбаби. Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Божилъи гьечIесул иманги букIунаро, къотIи тIубаларев чиясул динги букIунаро», - ян.

Дур суалалдасан бичIчIула нужеда гьоркьоб мухIканаб къотIи букIинчIеблъи. КъотIи гьабун букIинчIониги дуда тIадаб буго, гьес гьабураб хIалтIухъ, нужер гьениб гIадат билълъараб багьа кьезе.

Гьесдаги бичIчIизабизе ккела чIезабураб къотIи букIинчIеблъи ва гьес тIалаб гьабулеб гIарцул къадар кьезе рес гьечIеблъи.

Дунялалъул боцIуе гIоло гьудуллъи хвезе тезе бегьиларо. Ва хадусеб нухалда гьединал масъалабазулъ мухIкан гьабун, къотIи гьабиялде кIвар кьезе ккела.

Гьудул щив чи кколевали лъазе букIине ГIали-асхIабасул калам рехселин: «ХIакъикъияв гьудул ккола къваригIел ккедал кумекалъе вачIунев, жиндиего зарал кколеб бугониги дуе кумек гьабулев, мун сах-саламатго вукIиналъе гIоло рухI кьезеги хIадурав».

 

Психологасул жаваб

Гьеб иш, тIоцебесеб иргаялда, дарслъун букIине ккола дуе.

Кин бугони, дур масъалаялъулъ чIванкъотIун цояв витIарав вугин абизе кIоларо. Гьалмагъасда ккун буго гьес балагьараб хIалтIуе рекъараб гIарцул къадар тIалаб гьабулеб бугин абун. Дудаги кколеб букIана, гьудул хIисабалда, кумек гьабуралъухъ дудаго хIалкIвараб сайгъат гьесие кьелин абун. Кин бугониги, гьес балагьараб хIалтIуда мун рекъон вугелъул, халгьабизе ккела гьединаб хIалтIи балагьаралъухъ кинаб къадар гIарцул нуж ругеб бакIалда кьолебали. Гьалмагъасда абе гьединаб къадар абиялъе гIилла щибин ва гьеб хIалтIи балагьулаго гьесул чан гъурущ хварабилан абун. Рес буго, хIалтIи балагьулаго, гьесги саламатаб къадар гIарцул хвезабун батизе. Гьединлъидал кIиязего рекъараб къотIиялде рачIине хIаракат бахъизе ккела.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...