Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъималазе гIоло хIехьон чIун йиго...

 

 

Росасе аралдаса гIемераб заман буго. Амма дида кколеб буго дун росасе йокьулей гьечIин абун. Гьесул рахъалдасан цебе букIараб хIеренлъиги рокьиги гьечIого буго. Лъималазе гIоло хIехьон чIун дунги йиго. Ахираб заманалда щибго гуреб жо сабаблъунги викIардилев вуго рос. Дир квешго ццин бахъун буго...

Салимат, Гъизилюрт район.

 

ГIалимчиясул жаваб

Хирияй диналъул яц, тIоцебе ракIалде щвезабила дур рос – дур Алжан кколевлъи.

Анас ибн Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «ЧIужугIаданалъ къойил щуго какги бани, рамазан моцIалъ кIалалги ккуни, къадру-къиматги цIунун росасухъги гIенеккани, бокьараб нуцIихъан Алжаналъуе гьей лъугьуна», - ян. (Тирмизи)

Цогидаб хIадисалда буго: «Рос разиго хварай гIадан Алжаналъуе уна», - ян. (Тирмизи)

Бихьиназул рахъккун кIалъалев чиги дун гуро, амма руччабазда абизе бокьун буго, росасул рахъалдасан хиса-басиял ккезегIан чIечIого, нужецаго хIаракат бахъейин тIоцебесеб гали тIамизейилан абун. Абула, дунял хисизабизе бокьани, тIоцебе мунго хисизавизе хIаракат бахъейилан абун.

Аллагьас ﷻ бихьизе хъваралда разиги рукIун, цогидазул гIумруялъухъ балагьичIого, бугеб хIалалъулъ талихI балагьизе ккола нилъеца. Цогидазухъ балагьизе бокьани, захIматго гIумру гьабулезухъ балагье, цинги шукруги гьабе Аллагьас ﷻ кьураб лъикIаб гIумруялъухъ.

Росасул адаб цIунизе, гьесие лъикIаб къимат кьезе, гьес кьуралъухъ шукру гьабизе, гьесдехун бугеб рокьи загьир гьабизе, гьес абуралда мутIигIлъизе жигар бахъани, хьул буго, къокъабго заманалда жаниб, дудехун бугеб гьесул бербалагьи лъикIлъилин абун.

Бихьиназе малъа-хъвайлъун букIине аварагасул ﷺ хIадисги рехсела: «Нужер бищун лъикIав хъизан-агьлуялдехун бищун лъикIав вуго, дунги нужер киназдасаго хъизамалдехун лъикIав вуго», - ян. (Тирмизи)

 

Психологасул жаваб

Росасдаса ятIалъизе, воре, гIедегIуге. Гьесдаса ятIалъидал лъикIаб гIумру букIине бугеблъиялда щибго божилъи гьечIелъулха. БукIаралдаса квеш ккезеги бегьула. Дуца хIаракат бахъе рокъоб бугеб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисизабизе. ТIоцебесеб иргаялда, гьесда данде гаргадуге. Данде гаргадулей йигони, гьесул жеги ццим бахъуна. Бищун лъикIаб буго, мун витIарав вугинги абун, хабар къокъ гьаби. Гьелдаго цадахъ, гьесдаса дудехунго кIварги тIалаб гьабуге. Гьелъул бакIалда, лъималазе ва дуего лъикIлъи букIунедухъ цIикIкIун пайда босе заманалдаса.

Дуца кьураб гьаб суалалдасанго бичIчIулеб буго дур рос квешав чи гьечIевлъи. Квешав вукIаравани, гьесул хIакъалъулъ дуца щибго жо хъвазеги букIинчIо. АхIвал-хIал гьединаб бугелъул, хъизамалде цIикIкIун кIвар кье ва квешабщиналде берал къанще ва гьеб битIизабизе хIаракат бахъе.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....