Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кредит босана...

 

Чияр счеталде гIемераб гIарацги битIун, щибго жоги гьечIого хутIана дун. ХIинкъун йикIана гьелъул хIакъалъулъ росасда бицинеги. Гьеб бахчизелъун дица кредит босана. Гьанже кредит бецIизецин кIолеб гьечIо, кьезе кколеб болжалги гIагарлъулеб буго. Щибдай гьабила?

 

ХI., Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «БитIараб бициналъ рачуна такъваялде, такъваялъ рачуна Алжаналде, кидаго хIакъаб бицунев чи Аллагьасда цеве хIакъикъиявлъун хъвала. Гьереси бициналъ жужахIалде рачуна, гьоркьоса къотIичIого гьереси бицунев чи Аллагьасда цеве хъвала машгьурав гьересичилъун». (Бухари, Муслим)

Щиб кканиги, кинаб гъалатI яги такъсир инсанас гьабуниги, битIараб бицин кидаго ритIухълъула. Бегьулаан мун божулев чиясулгун гIакълу дандбазе. Росасдаса божарав чиги чIужуялъе вукIунаро. Амма щаялиго дуца батIияб нух тIаса бищана, дурго ахIвал-хIалги квешлъизабун.

Гьанжеги кватIун букIинаро ва ккараб жо росасда бице, тIаса лъугьаянги гьаре. Гьеб захIматаб иш букIина, амма гьеб ккола бищун лъикIаб гали. Хадуб нужеца бухьен гьабизе ккола гьединал такъсиразул цIех-рех гьабулел идарабазулгун.

Гьеб масъалаялъул хIакъалъулъ росасда бицине хIинкъулей ятани, бице гIагарлъиялда, эбел-инсуда, вацасда яги мажгиталъул имамасда. Гьедин цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъ масъала тIубазеги рес буго.

Бищунго аслияб жо, ТIадегIанав БетIергьанасда ﷻ лъала дур къварилъи, Гьединлъидал Гьесда ﷻ гьаре, дугIа гьабе. Гьев ﷻ вуго кинабго жо Жиндир квершаликь бугев. РакIбацIцIадго тавбу гьабе, загьир гьабе дурго пашманлъи ва ГурхIулев Халикъасдехун бугеб хIажалъи.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде хитIаб гьабун абулеб буго (магIна): «Нужер БетIергьан Аллагьас абулеб буго: «Нужеца Диде гьаре, Дица жаваб гьабизе буго», - ян (сура «Гъафир», аят 60).

 

Психологасул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда лъазе ккола гьединал ишаз жеги кIудиял масъалабазде рачунеблъи. Росасдасаги хIинкъун, дуцаго ахIвал-хIал рукIалиде бачине хIаракат бахъиялъ рачине бегьула жеги кIудиял масъалабазде.

ХIукму, узухъда, нужецаго гьабизе ккола. Амма кIвар бугеб жо ккола хIинкъиялъ ахIвал-хIал хIакъикъаталда бугебалдасаги квешаблъун къабул гьабизе тIамулеблъи. Дуца росасда бицун, кумек гьарани, гьев кьварун кIалъазе рес буго ва разилъи гьечIолъи загьир гьабила. Амма гьелъул магIна кколаро гьев мунги тун ине вугин абураб. ГIемераб жо бараб букIуна нужер гьоркьоблъиялда, бичIчIизабулеб къагIидаялда ва дурго хьвада-чIвадиялда.

Багьанаби ралагьичIого му-кIурлъе гъалатIалъе. Лъан букIа, цо гьерсица, гIемерисеб мехалда, цогидаб гьерсиде рачунеблъи, масъала бахчизе хIаракат бахъиялъ ахIвал-хIал жеги квешлъизабулеблъи.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....