Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги

 

Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида якьадалъ абуна «гьеб нижер хъизамалъул иш бугин» абун. Щиб нижеца гьабизе кколеб?

 

С., МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Имам Рамалияс «Нигьаятул МухIтаж» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Цо жо къарзалъ кьей ккола цIакъ кIвар бугеб суннат, гьедин Къуръаналъул гIемерал аятазда ва Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсонги буго», - ян.

Аллагьасул Расулас ﷺ хIадисалда абуна: «Дунялалда жиндирго диналъул вацасул пашманлъи тIаса инабурав чиясул Аллагьас Къиямасеб къоялъ пашманлъи тIагIинабила, Аллагьас Жиндирго лагъасе кумек гьабула гьес вацасе кумек гьабулебгIан мехалъ», - ян. (Муслим)

ГIарац къарзалъе кьезе лъикIаб букIуна, гьеб гьарулев чи цIакъго хIажалъиялда гьечIониги, амма чи цIакъго хIажалъиялда вугони, гьесул къваригIел тIубазе тIокIаб нухги гьечIони, гьесие къарзалъе гIарац кьей тIадабцин кколин абула цо-цо гIалимзабаз.

ТIубанго хIажалъи гьечIони, налъи бецIизе хIакъикъияб бажари гьечIев чиясе къарз босизе гьукъараб буго. Амма къарз кьолев чиясда лъалеб батани налъи бецIизе якъинго бажари гьечIолъи, гьеб мехалда гьеб хIалалда къарз босизе гьукъун гьечIо.

Нужер ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ абуни, гьениб эбелалъ васасухъа къарзалъ гIарац босун букIун буго жиндирго хIажалъабазе гIоло. Эбелалъ къарзалъ босичIебани, дур росасда, рес букIарабани, тIадаб букIинаан гьелъие кумек гьабизе.

Эбелалъ васасухъе гIарац тIадбуссинабулеб гьечIо, дур росги вуцIцIун чIун вуго. Гьелда жаниб нечезе ккараб жо гьечIо, сабруги гьабун, росасда тIубанго божизе ккола.

Аварагас ﷺ абуна: «Бихьизабураб болжал тIаде щун, гьес гьеб нахъбахъараб мехалъ, гьеб мехалъ щибаб къо рикIкIине буго гьес гIарац кIиго нухалъ садакъа кьураб гIадин», - ян (АхIмад, ХIаким)

 

Психологасул жаваб

АхIвал-хIал захIматаб буго, щайгурелъул, гьелъ дур рос санагIалъи гьечIеб хIалалде ккезавун вукIиналъ. Цо рахъалдасан гьесда бичIчIичIого батуларо мун йитIарай йикIин ва гьеб нужер цадахъаб гIарац букIин. Цогидаб рахъалдасан гьесул эбелалъул бербалагьи батIияб буго.

Гьанже дуца кьварараб куцалда росасда тIадаблъун гьабуни налъи тIалаб гьабейин абун, нужеда гьоркьоб дагIба-рагIи ккезе буго. Дур рос нечон вугин, гьесул ничалъ дуе къварилъи кколеб бугин абураб жо багьана гуро. Гьеб ничей гуро, эбелалдаса кинаб букIаниги къагIидаялъ къарз нахъе тIалаб гьаби бихьинчиясда рекъараб жо гуро. Гьеб кумек гьечIолъиялъ яги ахIвал-хIалалъул хьулкъотIи бичIчIиялъ росасул ццин бахъинабизе бегьула. Гьес байбихьизе бегьула дургун дагIба базе, гьеб суал борхичIого букIине.

АхIвал-хIал хьул къотIараблъун рикIкIунге. Дуца росасда лъазабуни гьесде гIайибчIвалеб гьечIеблъи яги кинаб букIаниги хIукму къотIизе гьев тIамулев гьечIеблъи, рес буго гьев мунгун рагьун кIалъазе. Гьелъ кумек гьабила нуж цоцада лъикI ричIчIизе ва цадахъ лъугьун нух балагьизе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...