Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Росас лъималазул тIалаб тун буго...

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

Росгунги ятIалъун, лъималги хьихьун йиго дун. Гьес щибго кумекги гьабулеб гьечIо. Гьелде тIадеги, дихъ лъимал ругебгIанасеб заманалъ алименталцин кьолел гьечIо. Дие бокьун буго гьев судалде кьезе, амма эбелинсуе бокьун гьечIо гьеб хабар къватIиб чIвазабизе. Бокьилаан лъазе жиндирго лъимал хьихьизе гьев кин тIамилевали?

ПатIимат, МахIачхъала.

ГIалимчиясул жаваб

Эбел-эмен ратIалъун ругониги, кIиязго кьола лъималазул жаваб. Эбел-эмен ратIалъидал лъимал эбелалда аскIор рукIуна, гьелъул тIалабагъазалде гьел хIажат ругелгIанасеб мехалъ. Гьоркьоса бахъула эбел росасе уней йигони, ялъуни гьаглъун йигони, ялъуни лъималазе тарбия кьезегIанасеб сахлъи гьелъул гьечIони, ялъуни къабихIаб гIамал гьелъул батани. Цере рехсарал лъугьа-бахъиназулъ лъимал инсухъе ялъуни цогидал цебесеб гIагарлъиялъухъе кьола хьихьизе.

Цо нухалъ къороллъиялда йигей гIаданалъ аварагасухъеги ﷺ ячIун абуна: «Дир чехь лъимадуе гьангалъун букIана, керен гьекъолеб иццлъун букIана, квенчIел гьев цIунулев ва вукIунев бакIлъун букIана», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Мун росасе инегIан лъималазе тарбия кьезе дур цIикIкIун ихтияр букIуна», - ян. (АхIмад, Абу Давуд)

Эбел-эмен ратIалъун лъимал эбелалъухъ ругониги, гIарцулаб кумек инсуца гьабизе ккола. Лъадул ихтиярги букIуна, гьез гIумру гьабулеб улкаялъул законалда рекъон, росасдаса кумек (алиментал) тIалаб гьабизе. ТIадегIанав Алллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «…Лъимер гьабун хадубги жидеца гьеб хахизабулеб ва гьелъул тIалаб гьабулеб бугони, руччабазе ужра-мухьги кье», - ян. (Сурату «ТIалакъ», аят 6) Гьеб суалгун росдал имамасухъе ани лъикIаб букIина. Гьев кIалъала дур вукIарав росгун ва бицина лъималазе тарбия кьеялъулъ гьес гьабизе кколеб гIахьаллъиялъул.

Психологасул жаваб

Жидедаго гIайибги хъвазе толарел ва щиб кканиги цогидал гIайибияллъунги рикIкIунел гIадамал рукIуна. Жалго гIайибал ругониги, киданиги гьел гьелъие мукIурлъизеги мукIурлъуларо. Дур вукIарав рос гьеб тайпаялъул вуго ялъуни нижеда лъалареб цоги гIилла батула гьениб. Кин бугониги, гьесул мекъаб пишаялъе гIилла букIине ккола.

Рес буго гьев дуда бецIулев ватизеги. Хадуб лъимал жиндихъего рачине рукIине бокьун. Амма гьениб бищун кIудияб зарал лъималазе кколеб буго. ТIоцебесеб иргаялда, росасе рес кьезе ккола жиндаго жаниб бугеб загьир гьабизе. Цогидал гIадамалги гьеб ишалъулъ гIахьал гьаруге. Суал тIубазабиялъе нух балагьизе живго те. Гьесда бичIчIизабе дагIбади хIажат гьечIеблъи ва лъимал рихьизе гьукъулареблъи. Гьесул дуда ццин бахъун бугеб къагIида буго.

Рос-лъади ратIалъидал цоцадехун тушманлъи гьабизе кколин абураб жо гьечIо шаргIалда.

Дур суалалдасан бичIчIулеб буго дуца гIарац хвезабулеб букIиналдаса рос рази гьечIолъиги. Гьединлъидалин гьес абулеб бугеб гIарац жиндаго тIад хвезабилин абун. ХIаракат бахъе берцинаб харбидалъун гьесул ццин чуч гьабизе. Цоцадехун тушманлъи гьабиялъ щибго хIасил кьоларо ва нужедехун лъималазулги квешаб бербалагьи лъугьуна. ЛъикIаб мацI бицунги гьесда бичIчIулеб гьечIони, лъималазе тарбия кьейги гIарцулаб кумек гьабиги гьесда тIадаб букIин бичIчIизабизе ккола судалъул кумекалдалъун. ГIадамазукьа нечезе ккараб жоги гьениб щибго гьечIо. Лъазе бокьаразда гьеб цебего лъанги батула.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...


Нилъехъ балагьун кьола къимат

Нилъер диналда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел жалазул бищун кIвар бугездасанги.   Гьеб ритIухълъиялъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, цинги шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал, Аллагьасдехун бугеб...


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...