Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Щакдариялъулги гIорхъи буго

Дагьалъ цебе дица хъизан гьабуна. Дир чIужу йиго цIакъ берцинай ва гIакъилай гIадан. Гьелъ жиндехунго дир ракI гьетIизабуна берцинаб тIабигIаталдалъун, ракI рагьиялдалъун ва гIин тIамизе бажариялдалъун. Амма гьел тIабигIатал хадубккун ниж дагIбадиялъе сабаблъунги ккана. Щибго гIиллаго гьечIого гьелдехун щакдарулев вуго дун ахираб заманалда. Гьелда гIайиб чIвазе бакIго гьечIо, амма цогидазухъ балагьун гьей гьимани, кутакалда ццим бахъуна. Гьеб щакдари кин нахъе инабилебали лъаларого вуго. Бокьилаан кумек гьабуни?

СалихI, Гъуниб район.

ГIалимчиясул жаваб

Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Муъминзабазул иман камилал ккола жидер тIабигIат берцинал ва нужер бищун лъикIал - ручабаздехун лъикIаб бербалагьи гьабулел руго», - ян. (Тирмизи, ХIаким)

Гьаб хирияб хIадисалъ тIоритIел гьабула лъикIаб тIабигIат иман камиллъиялъе сабаблъун букIиналде. Гьединлъидал дур чIужу гьединайлъун ятиялъе ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ щукру гьабизе ккела.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Иман бугей чIужу Аллагьас ﷻ кьурасе Гьес ﷻ бащадаб диналъе кумек гьабуна», - ян (ХIаким).

Гьебго хIадисалъул ахиралдаги бихьиназде хитIаб гьабулеб буго Аллагьасда ﷻ цере бищун лъикIаллъун рукIинелъун руччабаздехун лъикI рукIайилан абун. Хъизан-агьлуялда жаниб рекъараб къагIидалда щакдари, ай чияр бералдаса чIужу цIуни лъикIаб жо буго. Гьелъ бихьизабула росасул чIужуялдехун ва чIужуялъул росасдехун бугеб рокьи ва тIаде рачIине рес бугел балагьаздаса ва пишабаздаса цIунизе бокьи. Амма гIорхъолъа ун щакдари беццараб гьечIо. Гьелъ бихьинчиясул къадру цIикIкIинабуларо ва гIорхъолъа ун щакдари Аллагьасе ﷻ рихараб тIабигIатги буго.

ХIадисалда буго: «Щибго гIилла гьечIого чIужуялдехун росасул бугеб гIорхъолъа араб щакдари ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рихараб тIабигIат буго», - ян. (Абу Давуд)

Рос-лъадуца цоцазе кумек гьабизе ккола ригьин цIуниялъулъ. Цоцазул ракI бохизарулел ишал гIемер гьарун ва къварид гьарулел пишабаздаса рикIкIалъизе хIаракат бахъун.

Абубакр-асхIабасул яс Асмаица бицана: «Зубайрица дун чIужулъун ячиндал, гьесул я боцIи букIинчIо, я лагъ вукIинчIо. Цо чу гурони тIокIаб магIишат букIинчIо. Гьеб чу кваназабун, хъулухъ гьабун, къватIибе бачун, чамасдакалъул хIеккарал пурчIунал ххун, гьекъезабун хIалтIи гьабулей йикIунаан дун. Гьединго ханжу буцулаан, амма чед лъикI бежизе лъангутIиялъ мадугьалихъ ругел ансариязул руччабаз кумек гьабулаан дие. Гьел рукIана кутакалда лъикIал ва ритIухъал руччаби. Аварагас ﷺ Зубайрие кьураб ракьалдаса баччулаан дица пурчIун. Щибаб къойил ботIрода тIад гьегьги лъун толаан фарсахалъул лъабго бутIа гьабун кIиго бутIаялъул (гIага-шагарго 4 км) манзил. Цо къоялъ гьениса ячIунаго, асхIабзабигун цадахъ авараг ﷺ дандчIвана. РекIайилан аварагас ﷺ абидал, Зубайрил щакдари ракIалде щун, цогидал бихьиназда цадахъ ине дун нечана. Зубайр вукIана кутакалда щакдарулев чи. Аварагасда ﷺ бичIчIана дун нечон йикIин ва гьел церехун ана. Гьеб хабар Зубайрида бициндал, гьес абуна: «Дуца къойил раччизе кколел ругел пурчIунал дие бакIаллъун руго мун гьений рекIиналдасаги», - илан. Гьелдаса хадуб чое хъулухъ гьабизе инсуца кумекчи кьуна дие. Лагълъудаса тархъараб гIадаб бигьалъи ккана диеги», - илан (Бухари, Муслим).

Гьединаб букIана АбубакрасхIабасул яс Асмал нич ва тIабигIат. Росасе бокьулареб жо гьелъги гьабичIо ва Зубайрицаги гьелъул ракI хвезабичIо кигIан щакдари цIикIкIарав вукIаниги.

Психологасул жаваб

Заманалда дудаго гьеб бичIчIи лъикI ккун буго. ТIоцебесеб иргаялда, дуда лъазе ккола щакдари щиб гIиллаялдалъун бугебали. ГIемерисеб щакдари букIуна чIужуялда цогидав берцин вихьизе гурин абураб хIинкъиялдалъун. Дур рекIелъ гьединаб ният батаниги, лъадуда ракIалде ккезе рес буго дур гьелдехун божилъи гьечIин абун.

Гьединаб щакдариялъул ахир лъикIаб букIунаро. Заман анагIан гьелда рихине буго гIорхъолъа араб дур гIамал. Кинабниги жоялъул гIорхъи цIунизе лъикIаб букIуна. Гьебго гIорхъи щакдариялъулъги цIунизе ккола. ГIилла гьечIого гIемер щакдариялъ гьей дудаса рикIкIалъизе рес буго. ЛъикIаб букIина дуца гьелда бичIчIизабуни щакдари кутакалда гьей йокьиялдалъун букIин, ва амма гьелда божуларого вукIиналъ гьечIеблъи.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...