Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ЧIужу гороскопалдаги астрологиялдаги божула

 

 

Дир чIужу гороскопалдаги астрологиялдаги божула. Дица гьелъул ургъел гьабулебги букIинчIо. ГьабсагIаталда гьей лъимер гьабизе йиго. Цо къоялъ дида гьей ятана лъимер гьабулеб заман гороскопалда рекъезабулей. Жиндие бокьун гьечIила лъимер «Рак» букIине, бокьун бугила «Лев» букIине. Гьеб сабаблъун больницаялда егулейги гьечIо, заман щвезегIан цIа-цIалеб буго. Дун лъимадул ва гьелъул жиндирго сахлъиялда хIинкъун вуго. Кин гьелда бичIчIизабилеб гороскоп гьадингояб чIанда букIин.

 

ГIабас, Дербент

 

ГIалимчиясул жаваб

ГIараб мацIалдаса буссинабуни астрологиялъул ва астрономиялъул магIна «ЦIвабзазул гIелму» ккола. Астрономия лъазабизе бегьула, амма астрология бегьуларо. Астрономиялдалъун нилъеда лъала къибла бугеб рахъ, какил заман, моцIрол байбихьи ва ахир. Астрологияни абуни ккола букIинесеб лъазаби тIалаб гьабулеб гьересияб гIелму.

Исламалда гороскоп ва астрология хIарамаб буго. Гьелда иман лъурав чиги ккола Аллагьасул ﷻ къадаралда щаклъи ккарав чи. Гьединав чиясда ккола зарал ва квешлъи Аллагьасдаса ﷻ гуреб цогидаб жоялда бараб бугин абун. Аллагьас ﷻ цIунаги.

Гороскопалда ялъуни астрологиял хIисабазда мугъчIван гьарулел палкъотIиял ккола гIадамал ралъаргъи ва гьел къосинари. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Лъаларелда ва жиндие хIажалъи гьечIеб цIехон гьелда хадув лъугьунге. Дуда лъалареб жо лъалин абуге, бихьичIеб бихьанин абуге, рагIичIеб рагIанин абуге. Къиямасеб къоялъ дур гIин, бер ва ракI жинца гьабураб гIамалалъул кIалгьикъи гьабизе бугеб буго», - ян. (Сурату «Ал-Исраъ», аят 36)

ГIали ибн Абу ТIалхIатица бицана Ибну ГIабасица абунин: «Щибго лъайги гьечIого щибго абуге», - ян.

Цогидаб аяталда буго: «Дуца абе, МухIаммад ﷺ, гьаб ракьалда ва зобалазда ругел Аллагьасул махлукъаталда балъгояб жо лъаларо, гьеб лъала цохIо Аллагьасда ﷻ. Жал кида тIаде рахъинарулебалиги лъаларо гьаб халкъалъул цониги чиясда», - ян. (Сурату «Ан-Намл», аят 65)

Гьаб аят рещтIиналъе сабаб ккана, мушрикиназ Аварагасда ﷺ гьикъун букIин, жидеда бицейин къиямасеб къо кида чIезе бугебин абун. Гьезие жаваблъунги Аллагьас ﷻ гьаб цебе рехсараб аят рещтIинабуна.

Гьаб аяталъ тIоритIел гьабула балъгояб жо лъалев щивго гьечIолъиялде.

ГIажаибаб жо, нилъеда гьоркьор руго астрологал, палихъаби ва гьезда релълъарал, жидеда цебехун арабги хадуб бачIунебги лъалин абулел. Гьел ритIухъ гьарун, гьезухъе хьвадулел гIадамал рукIинги буго цIакъго гIажаиблъи гьабизе ккараб жо. Гьел руго хирияб Къуръаналде инкар ккурал, хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда гIамал гьабуларел. ХIадисалда буго: «Жинда балъголъи лъалин абулев чиясухъе арасул диналъул лъабго бутIа гьабун цо бутIа тIаса уна», - абун.

Гороскопги ккола, букIине бугеб жидеда лъалин абулел гIадамаз хъвараб, гьединлъидал, цIаялдаса цIунулел гIадин рикIкIалъизе ккола гьелдаса.

Хъизамалда бетIер мун вугелъул, кIвараб жигар бахъизе ккола гьеб хIарамаб иш букIин лъадуда бичIчIизабизе. Дудаго кIолеб гьечIони, росдал имамасухъеги ине бегьила цадахъ.

 

Психологасул жаваб

Лъимер гьабулеб мех цо секундалъги нахъбахъизе кIвезе гьечIо гьелда. Амма больницаялде инчIого рокъой чIеялъ жиндиего захIмалъи ккезе рес буго.

Гороскопалъухъ гIенеккиги батизе рес буго жавабчилъи жиндаго тIаде босизе кIунгутIиялъе гIиллалъун. Гьединал гIадамаз тIаде бачIараб къварилъи ялъуни лъикIлъи гIунтIизабула цо хасаб жоялде. Гьединаб мехалда, щиб кканиги гIайибияллъун, гьей хутIун, сверухъ ругел ратула.

Лъимаде йигеб заманги бугелъул, гьейгун хъачI вукIине бегьиларо. КигIан кьвари ва къуват дуца бихьизабуниги гьей жиндиргояб ккун чIезе йиго. Берцинаб гIамал бихьизабе, рос хIисабалда мугъчIвалев чи мун вукIин бичIчIизабе. Цинги цIвабзазда гуреб, дуда цIикIкIун божила гьей. Исламияб тарбия рокъоб цIикIкIинабе ва бищун цебе дуцаго мисалги бихьизабун, гьей хIайранлъизае. Исламияб лъай ва иман бугеб бакIалда гороскопазеги астрологазеги бакI хутIиларо.

Аллагьас бигьаб гьабеги!

 

ХIадур Гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...