Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбел-эмен дагIба-рагIиялда рукIуна

 

 

Эбел-эмен кидаго дагIба-рагIиялда рукIуна. Гьеб сабаблъун рокъове вуссинецин бокьуларо дие. Школалда дарсал лъугIидал, рокъове инчIого, гьаниве-дове ун хвезабула заман. Рокъове ин гIазаблъун букIуна. РатIалъизегIаги ратIалъулеланищин вукIуна дун. Щиб дица гьабилеб?

 

ШагIбан, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Лъималазда цере дагIбадиялдаса рикIкIалъизе ккола эбел-эмен. ТIубалареб суал бугони, лъикIаб букIина лъимал гьечIеб бакIалда гьеб дандбазе. Гьелдаго цадахъ хIаракат бахъизе ккола гIодоре риччан, гьаракь борхичIого суал тIубазе.

Эбел-эмен лъималазде цере дагIбадулел ругони, рукъ тун къватIибехунги лъималазул гIамалалде гьелъ асар гьабула. Рокъоб иш лъикI гьечIеб мехалъ, кидаго ургъалида рукIуна лъимал. ЦIалиялъул рахъалдасанги гьел нахъе ккола, лъималазда гьоркьорги хIинкъараллъун лъугьуна.

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Жив битIун вукIаго дагIба тарасе Алжан бакьулъ хъала щвеялъе дица гъоркьчIей гьабула; махсарадецин гьереси бицунаресе Алжан бакьулъ хъала щвеялъеги гъоркьчIарав вуго; лъикIаб тIабигIат бугесе Алжаналъуб бищун тIадегIанаб бакIалда хъала щвеялъеги гъоркьчIарав вуго», - ян. (Абу Давуд)

ГIайиб гурищха, эбел-инсул гьоркьоблъи хисизабизе лъималазе цIакъ захIмалъула. Гьабизе кIолелдасан ккола гьезие лъикIаб дугIа гьаби ва щивасулгун гьоркьоблъи лъикIлъизаби. СанагIалъи ккаралъуб берцинго кIалъан бичIчIизабизе бегьула гьезул дагIбадиялъ зарал гьабулеб букIин. Сабру гьабиялде, Аварагасул ﷺ нух кквеялде берцинаб рагIудалъун ахIизе бегьула.

Гьел дагIбадулеб гIужалъ аскIор чIечIого, нужерго рокъоре ине хIаракат бахъе. Жеги гIиссинал рукIиналъ эбел-инсуда гьоркьор ругел масъалаби нужеда ричIчIуларо. Гьединлъидал, щал битIарал ва щал мекъал ругелин абун къимат кьунги бажаруларо. Эбел-эмен кинал ругониги, гьезул хIурмат гьабизеги гьел рокьизеги ккола.

 

Психологасул жаваб

Гьеб масъалалъулъ бищун дуе хириял гIадамал гIахьаллъун рукIиналъ гIакълу кьезе захIмалъула. Бищун захIматаб ишалдасанги ккола гьезул дагIбадиялъухъги балагьун, бокьаниги-бокьичIониги гьездехун квешал пикраби гьари.

РатIалъиялъул суал гьез жидецаго тIубазе тезе рекъараб буго. РатIалъулел рукIаралани, церего ратIалъилаан. Къойил дагIбадулел ругониги, цоцазул бокьулеб гIамал гьезул батула. РатIалъиялъ лъикIлъиялде рачунаро.

Бихьулеб буго гIумрудул бищун захIматаб заман гьезул букIин. ТIоцебесеб ирагаялда, битIараблъун букIина эменгун кIалъани ва дурго рекIелъ бугеб гьесие загьир гьабуни. Гьесдехун бугеб рокьиги загьир гьабун бице гIемер гьел дагIбадиялъ ццим бахъунин ва кида-къадниги гьесдехун бугеб рокьиги свине рес бугин абун. Гьебго хIалалда эбелгунги кIалъай. Хьул буго, лъималазе кколеб зарал бихьун, гьез дагIба дагьлъизабилин ялъуни нуж ругеб бакIалдагIаги лъикI рукIинин абун.

Бищун кIвар бугеб ккола гьел рокьулеблъи загьир гьаби ва гьезул дагIбадиялъ квешаб асар кьолеб букIин гьезда бичIчIизаби.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...