Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьалмагъасул ракI хвезабизе бокьун гьечIо

Гьудул-гьалмагъас, гIарац щвеялъул мурадалда, хIалтIи балагьизе рагIи кьун букIана дие. ХIалтIи гьес балагьани, гьесие гIарац кьезе дунги разилъана. Гьес рагIи ккуна ва лъикIаб хIалтIуда дунги лъуна. Гьанже гьес абулеб буго нилъер къотIи букIанин ва цIакъго цIикIкIараб къадар тIалаб гьабулеб буго. Дица щиб гьабилеб? Гьесул ракI хвезабизеги бокьун гьечIо ва амма гьединаб кIудияб гIарцул къадаралъеги нижеца къотIи гьабун букIинчIо.

Мурад Агълабов

ГIалимчиясул жаваб

Бусурбанчиясул бищун кIвар бугел хасиятаздасан ккола аманат. Муъминчи ватIавахъулеб хасиятги ккола гьеб. Жеги гьелъие нугIлъи гьабула авараглъи рещтIинегIан хирияв аварагасе Амин абураб цIар кьей, ай божилъи бугев, ритIухъав, жинда божизе бегьулев, рагIи кколев. Аварагасул аманат цIуниялде ва гьеб хвезабиялдаса нилъ цIунулел гIемерал хIадисазги нугIлъи гьабула гьеб хасияталъул кIвар букIин.

Анас бин Маликидасан бицана вагIза гьабун аварагас нижеде хитIаб гьабурщинахъе гьес абулаанин: «Божилъи гьечIесул иманги гьечIо, къотIи хвезабулесул динги гьечIо», - ян. (АхIмад) Нужер масъалаялъулъ камураб жо къотIи ккун буго. Авалалдасаго мухIканаб къотIи гьабун букIарабани, жакъа гьеб суал букIинароан. КъотIиялъулъги чIезабизе кколаан хIалтIул тайпа ва гьеб балагьулеб заманалъул къадар.

Дур гьудулас чIезабизе кколаан хIалтIи балагьаралъухъ дуца кьезе кколеб гIарцул къадар. КъотIи гьабичIеб мехалъ нужер щивасул рекIелъ батIи-батIияб ният букIун буго. Гьеб сабаблъун ахиралда ишкал тIаде бачIана. Кин бугониги, гьудуласе гьеб хIалтIухъ нужеца гIумру гьабун бугеб бакIалда гIадаталда рекъон кьолеб гIарцул къадар кьезе ккола ва берцинго бичIчIизабе чIванкъотIун чIезабураб багьа букIинчIин ва гьаб кьолеб гIарацги ракI-ракIалъ кьолеб бугин. Гьес кьейин абулеб гIарцул къадарги цIакъго цIикIкIараблъун букIинги берцинаб рагIудалъун бичIчIизабе. ЦIакъ кIвар кьезе ккола гьоркьоблъи хунгутIиялде.

Дунялалъул боцIи тIаса унеб жо буго. Гьединлъидал гьудуллъи цIунун къунбергьенлъи босизе хIаракат бахъизе ккола. ГIали-асхIабасул рагIабиги ракIалде щвезаризин: «Унго-унгояв гьудул ккола захIматаб хIалалъулъ кумекалъе вачIунев, жиндиего зарал гьабун дуе кумек гьабулев, балагь-къварилъиялде ккедал дуе гIоло рухI кьолев», - илан.

Психологасул жаваб

ГIарабаз абула ккараб жоялъулъ маслихIат бугилан. Гьединго нужер гьеб масъалаги метерисеб къоялъе дарслъун букIина. Цогидал гIадамазулгун хурхен гьабурал гьединал ишазулъ лъикIаб букIуна, нугIзалги чIезарун, кIалалъ ва жеги лъикI кагътида къотIи гьабизе. Хадуб рекъезабилин тараб ишалъулъ ккола гьединаб кIалъай.

КъотIи гьабун букIинчIелъул, гьеб къецалъулъ чIванкъотIун витIарав цонигияв вукIунаро. Гъосда ракIалде ккараб гIарцул къадар батIияб букIана ва дур рекIелъ батIияб букIана. Кинабго бараб буго гьес дуе балагьараб хIалтIуда. Кинаб гIилла сабаблъун гьебщинаб гIарац гьес тIалаб гьабулеб бугебали хIисаб гьабейин абе гьесда. Амма, кин бугониги, гьоркьохъеб къадаралде кIиялго рачIани беццараб букIина.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...