Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос гьекъолдухъан вуго

 

Дир рос вуго гьекъолдухъан. Гьеб жо сабаблъун нижер рокъоб гьоркьоса къотIичIеб дагIбаги букIуна. Лъималги нижер дагIбаялъухъ балагьун рукIуна. Дун гьевгун гIемер кIалъана, рагIаби кьола, гьедарула, амма пайда кколаро. Нахъе инеги бокьун гьечIо, лъабго лъимадуе тарбия кьезе дидаго кIвеларин хIинкъун йиго. Щибдай дица гьабила?

 

Халисат, Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

Бигьаяб иш гуро гьекъолдухъанасда цадахъ гIумру гьаби. Гьединлъидал, иргадулаб гали тIамилалде ургъизе ккела гьеб иш хисизабиялда тIад.

ТIоцебесеб иргаялда, гьесул хIакъалъулъ бицине ккола гIагарал чагIазда. ГьездасангIаги кумек щоларищали балагье.

Лъималазе, гьайгьай, къва-ригIуна эмен. Амма гьеб захIмалъи ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахъалдасан бачIараб хIалбихьилъунги къабул гьабун, мун къвакIун чIезе ккола. ТIадегIанас ﷻ жиндирго лагъасда раччизе кIоларел хIалбихьиял тIадеги тIамуларо.

Дур росасул хьвада-чIвадиги ишалги лъицаниги ритIухъ гьарулел гьечIо. Амма гьанже киданиги букIинчIеб хIалалъ гьев нилъеде хIажатав вуго ккараб мунагьалдаса къватIиве вахъинавизе.

Гьединлъидал гьесул гIагарлъиялъулгун бухьен гьабе, вагIза-насихIат гьабун хабар бицине. Гьаб дунялалда бищун жиндие хирияб жоялдаса махIрумлъиялъул рагIалда вугин мунилан абун бичIчIизабе.

Гьев сах гьавиялде хIажат вуго, хIатта хIал гьабунцин. Жакъа гьединал бакIал, ай централ гIемер руго. Бищун аслияб жо, хIаракат бахъизе ккола гьев рухIияб рахъалде тIадвуссинавизе, ТIадегIанасда цебе бугеб иманалде ва жавабчилъиялде, яхI-намусалъул бацIцIалъиялде, кIиябго дунялалъул талихIалдаса махIрумлъичIого вукIиналде ахIизе.

Гьединго нужеца гIумру гьабулеб бакIалда вугев имамасда гьаризе бегьула гьесулгун кIалъай гьабеянги.

ГIицIго ТIадегIанав Халикъасда божилъи гьабиялъ ва ракIбацIцIадаб дугIаялъ гурони ахIвал-хIал хисизабизе кIоларо. ТIахьазда хъван буго нилъеда сверухъ бугеб ахIвал-хIал хисизе ккани, нилъго хисизе кколин абун.

Гьединлъидал кIвар бугеб жо ккола ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе дурго бугеб хIалалъухъ балагьиги. ХIаракат бахъе бичIчIизе дур росас дудехун ва лъималаздехун гьедин ургъел гьечIеб бербалагьи гьабиялъе щиб гIиллалъун ккарабали.

Аллагьас ﷻ дуе кьурабщинаб жоялъухъ ракI-ракIалъ щукру гьабе. Ккарал мунагьаздаса тавбуги гьабе. ТIаде бачIараб захIмалъи баччизеги Гьесдасан ﷻ тавпикъ гьаре. Гьелъ дур ракI дагьаб парахалъиялде бачIинабила. ХIаракат бахъе бичIчIизе щай дур росас дудехун ва лъималаздехун гьедигIан цIорораб бербалагьи гьабизе байбихьарабали. Амма ратIалъизе гIедегIуге.

 

Психологасул жаваб

Гьаб суалалъе жаваб кьезе бищунго захIматаб жо ккола дур рекIел къасд бичIчIи. ЧIванкъотIун щиб нужее рагIизе бокьун бугеб ва кинаб жавабалде хьул бугеб? Цощинаб жавабчилъиялдаса нужго рорчIизе бокьараб хIалгIаги гуродай бугеб? Дица гьедин хъваялъе гIилла буго, гьеб суал кьолезул гIемерисезул рекIелъ букIуна щайин хIаракат бахъизе кколеб гьекъолдухъанасул хъизан хвасар гьабизеян абураб пикру.

ТIубанго бихьулеб жо ккола рокъоб гIемер ахIи-хIур бахъинабулев гьекъолдухъан-эмен лъималазе бищунго квешаб мисаллъун вукIин. Гьеб дуда бичIчIула цогидаздаго гIадин, амма бихьулеб букIахъе, цо жо букIуна мун гьев чигун цадахъ гIумру гьабизе тIамулеб.

Гьелъие гIиллаби рукIине бегьула цо чанго, гьесде ругьунлъи ва ракIбай, гIарцул рахъалдасан гьесде хIажалъи, гьесдаса хIинкъи ва хабар бицун бажарунгутIи. ХIакъикъияб гIилла цохIо дуда гурони лъаларо. Гьебги дудаго бичIчIизе ккола.

КIвар бугеб жо ккола рос кигIан заманаялъ гьекъолев вугевали лъай: дагьалъ цебе гьекъезе байбихьарабищ яги гьеб халатаб заманалъул ишкалищ бугебали. Гьесул хьвада-чIвади букIине бегьула гIицIго гIумруялъул захIмалъабазда банги, ялъуни наркоман гIадин мехтелалде ван ватизеги рес буго. ГIемерисеб мехалда гьекъолеб жоялде ругьунлъарал гIадамал, ай тезе кIолареб унтилъун гьеб лъугьаразда кIоларо эмоциязда дандечIезе ва гьел масъалаби тIураялдаса, жавабчилъиялдаса рикIкIад рукIуна.

Хъизан букIаниги гьекъолди халат бахъинабулеб батани, живго тани гьев хисизе рес дагьаб букIуна. Гьесда лъалеб батула нужее захIмат букIинги.

ТIоцебе берцинго кIалъай. Гьеб квешаб пиша сабаблъун лъималазегун дуе кIудияб зарал букIин бице. Гьединги бичIчIулеб гьечIони, хIаракат бахъе гьес адаб гьабулел гIадамал гъорлъе цIазе. Кинго хисулев гьечIони, гьеб суал росдал имамасде борхизе ккела.

Аслияб жо буго лъималазул ургъел гьаби. Эмен кидаго гьекъон, дагIба-рагIиялда вугони, лъималазул психика хола. ЦIакъго гъварилъуде иналде, гьеб суал тIубазабизе хIаракат бахъе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...