Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Сахай чIужулъун яхъинадай?

 

Дир васасул абурай яс хъизан гьабиялде жеги хIадур гьечIо. Жиндирго эбелалда релълъараб гIамалги буго гьелъул. Гьелъги рокъоб квен гьабуларо ва рукъ-бакIалда рацIалъи гьабизеги гIарац кьун чи ккола. Росасул ратIлида иту бахъигицин кIудияб жолъун рикIкIуна гьез. Гьединаб хъизамалдаса ясалъ нижер къайи-свериялда пайда гьабиларин кколеб буго ракIалде. Бертин гьабилалде васасулгун хабарги гьабун, ригьин биххизабиялда тIад ургъулей йиго дун. Щибдай гьабун лъикI?

 

ШугIайнат, Буйнакск

 

Психологасул жаваб

Васасеги бокьичIого ригьин биххизабизе мун лъугьани, букIинеселда рес буго вас дудаса рикIкIалъизе ялъуни дуда щибго бицунгутIизе.

Эбел-инсуе бокьуларо лъимал рукъалдаса ратIалъизе. Амма лъималазул хъизам цIунулел ругинги абун, гIемерисеб мехалда, ратIалъиялъе сабаблъун ккола гьел. Гьелъие гIиллаги буго жидеего бокьухъе лъималазул хъизам гIуцIизе лъугьин.

Васасде кIвар кьолеб бихьула дуца ва гьелдаго цадахъ гьесул щибаб галиялда хадуб халги кколеб буго. Гьеб лъималазе заралияб жо буго ва гьединал лъимал, гIамалалъул рахъалдасан, кIудиял гIезе кватIула, чIужу ячиндал хъизамалъул бетIерлъун вукIинеги гьединасе захIмалъула.

Гьединлъидал квалквал гьабичIого, хъизам гIуцIизе кумек гьабизе ккола. БукIинесеб лъиданиги лъаларо. Чанги лъикIаб хъизам гIуцIанин ккаралги ратIалъана, ва гьелъул гIаксалда, цоцазе дандего кколарезул хъизам талихIаблъунги лъугьана. Гьединал мисалал гIезегIан руго.

Нилъеда рихараб лъималазе бокьулеблъун батула. Рес буго васасеги, ясалъул рокъобго гIадаб, гIумру бокьизе. Хъизамалда жаниб рос-лъадул иш данде кколеб батаралдаса нахъе, цогидазул ихтияр букIунаро гьезда гьоркьоре лъугьине.

 

ГIалимчиясул жаваб

Хирияв Аварагасда ﷺгьикъана: «Руччабазул бищун лъикIай (лъадилъун ячине) щий кколей?» - ян. Гьес ﷺ абуна: «Жиндихъ валагьиялдалъун рос вохулев, гьесие мутIигIай ва гьес малъараб гьабулей. Гьесие рихараб рихуней», - ян. (Насаи, АхIмад)

Васасе талихI бокьун батани, бахIарай тIаса йищулаго балагьизе ккола гьелъул иманалъухъ ва хадуб хутIараб гIамал-пишаялъухъ.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ЧIужугIадан лъадилъун ячуна гьелъул диналъухъ, бечелъиялъухъ, берцинлъиялъухъ балагьун. Бищун лъикIаб букIина диналъухъ балагьун ячани. Гурони, мун къола», - ян. (Муслим)

Хирияв Аварагас ﷺ бищунго цIакъ кIвар кьолаан диналде. Аллагьасул динги кколарей, жиндирго къартIги цIунуларей гIаданалъ росасул къадру-къиматги цIунуларо ва щакдаризе тIамиялъ рахIатги хвезабула.

ГIицIго квен гьабизеги, иту бахъизеги ва рукъалъул цогидал хIалтIаби гьаризеги лъаларин абун ригьин биххизабизе лъугьунге. Росасул рахъалдасан рокьиги хинлъиги бихьидал, лъаларого букIараб лъазе гIамал гьабизеги бегьула гьелъ. Росасе бокьараб гьаби, гьев вохизави ккола хъизан талихIаблъун букIиналъул гIаламат. Дуца хIаракат бахъе дурго рахъалдасан хIеренлъи бихьизабун, дудаго лъалеб гьелда малъизе. Росасе арай дурго ясалдехун якьадалъул лъикIаб бербалагьи букIине дуего бокьулеб гIадин, дурго нусалдаги берцинго малъе.

Эбел-инсуца лъималазе гьабулеб дугIа къабуллъулелъул, дунял-ахираталъул талихI гьаре гьезие.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...