Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

РекIелъе гIажаибаб хIинкъи бачIана

 

Эбел-эмен ратIалъидал кутакалда къварилъун, рахIатхун йикIана дун. Цебе дида кколаан талихIаб хъизан бугин нижерилан. Амма эбел-эмен ратIалъидал дир рекIелъе гIажаибаб хIинкъи бачIана. Росасе индал дидаги хъизан цIунизе кIвеларин хIинкъун йиго дун. Гьеб сабаблъун дун гьаризелъун вачIарав цо лъикIав васасе жаваб кьолеб гьечIо. Щиб дица гьабилеб?

 

Раисат, Гъизилюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Ригьин биххичIого букIине ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рос-лъадуда гьоркьор цIунизе кколел хIукъукъал нилъеда малъун руго. Амма цо-цо захIматаб хIал букIун, гIамал данде ккечIого ригьин биххичIогоги хутIуларо. Рос-лъадуе ригьин биххи захIматаб жо буго, амма лъималги ратани, гьеб захIмалъи кIицIул цIикIкIуна.

Эбел-эмен кидаго рокъор къацандулел ругони, гьитIинаб лъимадул жеги къвакIичIеб психикаялъе кутакаб зарал букIуна. Гьединал захIмалъаби дудаги рихьун руго. Амма Аллагьасда ﷻ цебе битIараб иш тIаса бищиялъе пардавлъун гьеб лъугьине бегьуларо. Аварагасги ﷺ абун бугелъул: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи яс гьарун вачIани, нахъчIваге. НахъчIвани, ракьалда балагьал ва пасалъаби тIиритIила», - ян. (Тирмизи)

Цогидазде дандеккун, хъизан биххичIого букIине хIалтIизарулел алатал, къагIидаби хIалбихьиялдалъун дуда лъикI лъала. Цоги нухалъ цIидасан лъикI ургъе ва дуе лъикIлъи бокьаразулгун рукъалде иналъул суал дандбай. Цинги росасул разилъи тIалаб гьабун, хъизан биххиялде рачунел гIиллабаздасаги цIунизе хIаракат бахъе.

Абу Гьурайратидасан бицана кинай лъади бищун лъикIай йигейилан Аварагасда ﷺ гьикъидал, гьес ﷺ абунин: «Жиндихъ валагьидал рос вохулев, амру гьабидал гьеб тIубазабулей, жийго бетIергьанаб боцIи-мал хвезабиялъулъ ва гьесие бокьулареб гIамал гьабун данде яхъунарей», - илан. (АхIмад)

Психологасул жаваб

ГIурусазул аби буго: «Обжёгшись на молоке, и на воду дует», - ян. Гьединаб хIинкъи рекIелъе бачIиналдаса цIунизе ккола нилъ. Дур эбел-инсуда гьоркьоб ккаралъ кьоларо магIна киназулго гьедин букIунин абураб. Киналго гIадамал гIамалалъул рахъалъан цоцада релълъараллъун рукIунаро. Гьединлъидал эбел-инсуда гьоркьоб ккараб дургун росасулги гьедин ккезе рес бугин абураб жоялъе щибниги аслу ва гIилла гьечIо. РекIелъе рачIунел гьединал хIинкъабаз гIумрудул рахIат хвезабула. ГьабсагIаталъ росасе ине хIинкъарай мун дагьаб нахъа мунго цохIо хутIиялъулъги хIинкъизе йиго. Цинги тохлъукьего гIамал мекъав чиясе росасе инеги рес буго. Лъазе ккола дургун росасул гIумруялъул талихI эбел-эмен ратIалъиялда бараб гуреб, дуда бачине лъаялда бараб букIунеблъи. Ригьин биххиялда кидаго хIинкъун йикIиналъ мун ячуна росасдехун щакдариялде ва кидаго гьес гьабулелда хъаравуллъи гьабиялде. Гьединаб рукIа-рахъиналъ росасул бадиб дур къимат бортизе ва квешаб гьоркьоблъиялде рачине рес буго. ТIадеги, гьесда аскIой мун цIунарайлъун, талихIайлъун йикIин бихьизабуни гьес дур адабги гьабула ва букIине кколеб хIалалъ хъизамги бачуна.

 

ХIадур Гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...