Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьоркьоблъи ккин цIунилеб?

 

Нижер йиго цIакъ жавабияй ва кьварарай кIодоэбел. Гьелъухъ гIенеккулел гьечIони, гьей семула, кьабунги тарбия кьола. Гьебги батила, гьанжего-гьанже тIоцебесеб класс лъугIарав васасул васасе гьелъухъе ине цIакъ бокьуларо.

КIодоэбелалда гьеб квеш букIуна. Гьелъул кьвариялъукьа хIинкъун васги гьелъухъе унаро. Кин гьезул гьоркьоблъи цIунилеб?

 

МухIаммад, Гъизляр.

 

ГIалимчиясул жаваб

Исламияб диналъ цIакъ кIвар кьола гIагарлъиялъулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIуниялде. Гьелдаго цадахъ цогидаб гIагарлъигун, чIахIиял гIадамалгун берцинго, адабалда рукIиналдеги кIвар кьола.

Нилъедасаго кIудиял гIадамазул адаб-хIурмат гьаби щивав бусурбанчиясда тIадаб борч буго. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ГIадамазул бищун лъикIав - гIемерал сонал рарав ва лъикIал гIамалал гьабурав ккола», - ян. (Тирмизи)

Инсан ригьалде вахиндал гьесулъ цIодорлъиги цIикIкIуна, гIакълуги камиллъула ва дунялалъул рокъоб гIемераб жоги бихьула. Гьелдаго цадахъ унтабиги цIикIкIуна, манзилкъокълъунги лъугьуна.

Бичасул Расулас ﷺ абуна: «ГIисиназдаги гурхIуларев, чIахIиязул адаб-хIурматги гьабуларев нилъедасан кколаро», - ян. (Тирмизи)

Гьединлъидал, гьитIинго лъималазда малъизе ккола чIахIиязул адаб гьабизеги, гьез бицунелъухъ гIенеккизеги. КIодоэбелалдаги цIехезе бегьула васасул васас зарал гьабулеб бугищилан абун. Гьелъухъ гIенеккулевги ватичIони, рахIатхвезабулебги батани, хIаракат бахъила жалго жидедаго гьел тунгутIизе. Ригьалде рахаразухъе, лъималгун цадахъ, эбел-эмен араб лъикIаб букIина ва чIахIиял чагIигун кин рукIине кколебали гьезда мисалги бихьизабила.

 

Психологасул жаваб

КIодоэбелалъул кьвари ккола гIолохъанаб мехалъ гьелъул букIараб жавабчилъиялъул ва кIваралъул хIасил. Лъималазул лъималаздехун гьелъул бугеб рокьи загьир гьабиги ккола гьел лъикI рукIинелъун, гьезул гIамал берцин гьабиялъе кIодоэбелалъ бихьизабулеб гIамал. Гьелъул гIамал хисизабизе лъугьинги гIададисеб иш буго. Гьеб кьвариялдаго цадахъ лъималазул лъималаздаса хириял чагIиги гьезие рукIунаро. Гьеб масъалалъулъ бищун битIараблъун букIина нужерго васасе тарбия кьеялъул хIалтIи гьаби. Гьелдаго цадахъ нужецагоги гьеб лъимералда цебе кIодоэбелалъул адаб гьабе, гьелъухъе гIемер хьваде ва лъимералда бичIчIизабе кIодоэбелалъ малъараб гьабизе, гьелъухъ гIенеккизе кколеблъи. Гьеб мехалъ хьул буго кIодоэбелалъул кьвари лъимералъ гIадатияб жолъун рикIкIиналде.

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


КIиябго рокъоб талихI щвела

Нилъер диналда ригьин гьаби буго гIадат гуребги, цIияб гIумруялде гали тIамулеб, гъваридаб рухIияб магIна жиндилъ бугеб динияб къотIи-къай.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялде тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго гьес нужее...