Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана

 

 

Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб хъизамалда гIурай яс йигин дунилан абун. Гьелъ абулеб буго васасда дун ячинчIого тараб лъикIаб бугиланги. Гьениб дида бугеб гIайиб щиб?

 

П., Каспийск

 

ГIалимчиясул жаваб

Гьайгьай, гьениб дуда щибго гIайиб гьечIо. Амма дур вукIинесев росас ва гьесул эбел-инсуца цохIо дур инсул хьвада-чIвадиялда рекъон дуе къимат кьолеб батани, гьезда тIубанго бичIчIулеб гьечIо бахIарай тIаса йищиялъе рихьизарун ругел шартIал.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ЧIужу тIаса йищулелъул ункъо жоялде кIвар кье: гьелъул бечелъиялде, насабалде, берцинлъиялде, диналде. Диналда тIадчIарай тIаса йище, гурони мун къела», - ян (Бухари, Муслим).

Нижеца гьаниб дур инсул хьвада-чIвадиялда разилъи бихьизабулеб гьечIо. Щайгурелъул, киб, кин ва кинаб къагIидаялда гьес гIумру гьабулеб бугебали бихьичIого къимат кьезе бегьуларелъул. КIвар бугеблъун ккола жамгIияталъул щивав чиясдехун хасаб бербалагьи гьаби, насихIат гьаби, ТIадегIанав Аллагьасда гьаризеги ккола битIараб нухде ккезарегиян абун.

Гьеб лъугьа-бахъин сабаблъун инсудехун квешаб бербалагьи гьабизеги бегьуларо. Эбел-инсуде лъикIаб бербалагьи гьаби буго иманалъул цо бутIа, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьезул мунагьал рукIин-рукIунгутIиялъухъ балагьичIого. ХIаракат бахъе инсуда бичIчIизабизе гьес лъикIаб гуреб иш гьабураблъи, гIолохъабазда лъикIаб мисал бихьизабизе кколеблъи.

ТIадегIанав БетIергьанасда гьаре нужер ракIал цолъизареян ва ригьнал рахсал щула гьареян, гьеб нужее кIиязего пайдаяб батани. Гьединго, гьаре эбел-инсуда гурхIаян, гьезда тIаса лъугьаян, хIакъаб нухде тIоритIеян.

Нилъер щивасул къадар цебеккунго хъван буго. Нилъеда тIадаб жо ккола шаргIалъул нухда, Аллагьасул разилъи тIалаб гьабун, гIумру тIами.

Психологасул жаваб

Дуда бараб жо гьениб щибго гьечIин абиялъул магIна кколаро мун лъикIаб гуреб хъизамалдаса йигин абураб. Аслияб гIилла буго дур эмен гьекъолев чи вукIин. БахIарасул эбелалъ букIинеселъул пикру гьабулеб гьечIо. Гьелда чIвараб ургъел буго дур гIагарлъиялъулгун киндай гьоркьоблъи гьабилебин абураб.

РакIалде ккезе бегьула гьеб гIицIго дуда чIвалеб гIайиб бугин абун. Амма гьеб битIараб гьечIо. Гьелъ къимат кьола дуе гуребги, тIолабго ахIвал-хIалалъеги.

КIвар бугеб жо ккола бахIарас щиб гьабизе бугебин абураб суал. Гьесие гьеб ригьнал ургъелго батичIони, гьес эбелалъ малъараб гьабила. Гьебги, мун квешай йикIиналъ гуро.

Гьесие унго-унголъунги дуда цадахъ вукIине бокьун батани, гьес мун цIунизе йиго.

ПалхIасил, хIаракат бахъе, кинаб хIукму гьабуниги, къабул гьабизе. Гьеб ккола гIумруялъул гIадатияб бутIалъунги. ЛъикIаб букIина сабруялдаги чIун, дурго къартI цIунизе. РакIалда чIезабе, дуе хъвараб дуе щолеблъи.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

 

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...