Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Росасда йичIулей гьечIо

Цо къоялъ, рокъоб бугеб хIалтIул гIемерлъиялъ, ва лъималал хьихьиялъул захIмалъиялъ свакарай дун, гIодана. Росасда гIодулей йихьидал, дир ракI батизе кколев гьев, гьелъул гIаксалда, диде вагъана. Щай бихьиназе бокьулареб чIужуялъул магIу? Щай гьесул ццин бахъараб?

Раисат, Гъизляр

ГIалимчиясул жаваб

Жидер тIабигIаталда рекъон, руччаби бихьиназдасаги гIемер гIодула. Аллагьас гьел рижун руго хехго рекIел хIал къватIибе загьир гьабулеллъун. ТIаде бачIараб рохел ва ялъуни къварилъи гIодулаго загьир гьабула цо-цояз. Аби буго: «Йокьулей чIужуялъул магIугIан бихьинчи пашман гьавулеб жоги гьечIо ва йокьуларей чIужуялъул магIугIан ццин бахъунеб жоги бихьинчиясул гьечIо», - ян абураб. Гьединлъидал, росасул ццин бахъин магIуялда бараб гуро бугеб. Гьелъие сабаблъун батизе рес буго нужеда гьоркьоб бугеб рукIа-рахъин.

Щибго гIайибги чIвачIого, берцинго, гьевгун кIалъазе хIаракат бахъе. Дурго рекIелъ бугеб гьесда бице. БичIчIизабе гьев дур мугъчIвалев чи вукIин гьесул квербакъиялдалъун дуего букIунеб кумекалъулги бице. Гьесдехун бугеб рокьиги загьир гьабе.

Росасе дур гIоди рагIизе бокьулеб батичIони, хIаракат бахъе къуватайлъун йикIине. Гьединги кIолеб гьечIони, гьесда цеегIаги гIодичIого чIезе ккела. Кинаб бугониги ишалъулъ тIоцебе Аллагьасде ﷻ гьабе таваккалги.

Исламалъул гIурхъи бахинчIого гIодизе руччабазего гIадин бихьиназеги бегьизабун буго. Масала, гIагарав чи хведал, гьесда ракI гурхIун, гIодизе бегьула. Вас Ибрагьим хведал, аварагги ﷺ гIодана. АскIов вукIарав ГIабдуррахIман бин ГIавф гIажаиблъана ва гьес абуна: «Мунгийищ гIодулев, я Бичасул авараг?» - илан. Жаваб гьабун аварагас ﷺ абуна: «Я ГIавфил вас, гьаб буго гурхIел гьаби», - ян. Хадубги аварагас ﷺ абуна: «Берал гIодулел руго, ракI бакъван буго, амма Аллагьасе ﷻ бокьараб гурони нилъеца абизе гьечIо! Мунгун ратIалъиялъ ниж пашманго руго, Ибрагьим!» - илан. (Бухари)

ГIалимзабаз абула, Аллагьасда ﷻ цебе гьабулеб ракI-ракIалъулаб дугIа ва тавбу, чвахун магIугун, бацIцIадаб ниятгун букIине кколин.

Психологасул жаваб

ГIемерисел бихьиназ гIоди къабул гьабулеб жо гуро. Дур росасул ццин бахъиналъеги ратила гIиллаби. Рес буго гьесул гIакълуялъ дур гIоди къабул гьабичIого букIине. Ялъуни гьесда ракIалде ккун батизе буго, гIодиялдалъун дуего бокьараб гьабизе гьев тIамизе хIаракат бахъулеб бугин дуцаян. Щибго кумек гьабизе кIунгутIиялъ, дур гIоди къотIизабизелъун вагъун ватизеги рес буго.

Кин бугониги гьединаб жо сабаблъун ургъелал гьаризе кколаро. Гьединаб гьоркьоблъиялде сунца нуж рачаралали балагьизе ккола. ГIемер батIи-батIиял гIиллаби ратизе рес буго. Цебегоялдаса нахъе дур гIамалалда рекъонгутIиялъ жакъа гьедин гьев ццин бахъун ватизеги бегьула, ялъуни дуда хурхинчIеб, масала, хIалтIуда бараб гIилла букIине бегьула. Гьединлъидал сабру гьабизе ккела. Сабруялъ гIемераб жо данде бачуна. Хъизамалда гIемерал захIмалъаби рукIуна. Хасго лъимал гIиссинго ругеб мехалда, рокъобе бачIунеб гIарац гIолеб гьечIони. Гьединаб хIалалда бищун хIажатаб жо буго сабру гьаби. Гьелдаго цадахъ, росасдехун бугеб бербалагьи, жеги лъикIаб рахъалде хисизабиялде кIвар кье. Гьев разияв хIалалда мун йигони, дудехун гьесулги балагьи лъикIлъизе буго. Рокьи цIикIкIиналдалъун гурхIелги цIикIкIуна. Зама-заманалда гьесда бичIчIизабе гьесул кумекалде хIажат йикIин. БичIчIизабе зигардичIого. ПалхIасил, росасулгун гьоркьоблъи, лъикIаб рукIа-рахъин гIуцIизе кIвани, гьесул гIамал чара гьечIого хисизе буго.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...