Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьад хадуй чIун йиго

 

Якьадалъ дун хIалтIизе тIамулей йиго. Дир буго кIиго гьитIинаб лъимер. Цояб лъимер гьанжего-гьанже уна яслиялде. ГIемерисеб мехалда лъимал унтунги рукIуна. Амма якьадалда гьеб хIал бичIчIулеб гьечIо.

Цо къоялъ гьелъ дида абуна: «Росасул горбода яччун йикIинчIого, гIарац гьабизе къватIие яхъа. Мун гIадинаб мехалда дица лъималги хьихьулаан, къобакъинегIан хурийги хIалтIулаан», - илан. Росасул дидехун лъикIаб гурони бербалагьи гьечIо. Гьев дидаса разиявги вуго. Амма якьад кин гIодое юссинайилеяли лъаларо.

 

Байзат, Хасавюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Росасе ун хадуб гьесул гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи лъикI гьабизе хIаракат бахъизе ккола. Бищун захIматаблъун батула якьадалъулгун рагIи данде ккезаби. Гьединлъидал якьадалъги хIаракат бахъизе ккола гьелдехун жиндирго ясалде гIадинаб бербалагьи гьабизе.

Гьелдаго цадахъ ишкал бугелщинал суалал росасда дандразе ккола лъадуца. Росас малъараб гьабиялъулъ буго чIужугIаданалъе талихIги. Масъала дандбалаго я дун, я эбел абураб шартI цебе лъезеги бегьуларо. Росасда бичIчIизабизе ккола гьесул эбелалъул адаб гьабулеблъи ва гьейгун лъикI йикIине мурад бугеблъиги.

Якьадалъул харбазде сабру гьабуни, рекъараб букIина. Гьелъул мурадги батула жиндирго васасул хъизан лъикI букIине бокьи. Абизе бегьула, нужер кIиязулго мурад цо бугин, ай вас лъикI вукIине гьелъие бокьи ва рос лъикI вукIине дуе бокьи. Вас лъикI вукIине бокьулей эбелалъухъ гIадин ялагье гьелъухъги. Мун рихун, дуе квешлъи бокьун гьабулеб ишги гьелъул батуларо. Кинниги хIалтIизе яхъин ялъуни рокъой йикIун лъималазе тарбия кьей - гьеб буго дур иш. Лъималазе битIараб тарбия кьеялдаса лъикIаб ишги цоги гьечIо. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Психологасул жаваб

Якьадалъул гьединаб гIамал букIиналъе гIилла буго гьелъул захIматаб гIумру букIин. ГIолохъанаб заманалда гьелъул букIинчIеб дуе щун бихьидал, хIасад багъаризеги рес буго. Ялъуни жиндирго васасдехун щакдарулей ятизеги бегьула. Масала, гьелъул росасул гьелдехун букIинчIеб берцинаб гIамал гьелда бихьулеб буго васасул чIужуялдехун букIин. Кин бугони, рагъ гьабичIого, берцинаб хIалалда суал тIубазе ккола.

Дир пикруялда, гьеб суал тIубазе тIадаб буго росасда. Гьеб тIубайин абулеб мехалдаги гьесул эбелалде гIайиб чIваге ва цоял тIаса рищизе гьев тIамуге. Гьелъул васасдехун бугеб гурхIелги дуда бичIчIулеблъи бихьизабе.

Росгун лъикI йикIине бокьарай лъадуда лъала бищун цебе гьесул эбелгун лъикI йикIине кколеблъи. Мун лъикI йикIиналдалъун гьелъул жахIда багъарулеб бугони, дурго битIккеязул гьелда бицинчIого тараб лъикI буго. ЦIакъго рикIкIалъун чIезеги бегьуларо. Сундулъго гьоркьохъеб хIал цIунила. Гьейгун хIеренго йикIа, мех-мехалда гьелъул сахлъиялъул цIехон, къваригIараб кумек бугищин гьикъе. ЦIакъ бигьаяб масъала бугин кканиги, гьабулеб-толеб гьелда дандбай. Гьедин мун йигони, хьул буго дудехунги гьей лъикI йикIинин абураб.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...