Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 

Лъималазул ах...

 

Мухьдахъ лъимадул тIалаб гьабизе чи валагьулел рукIана. ХIалтIиги гьечIого рокъой йикIарай росасул эбелалдаги бицана гьеб хIалтIул. Гьелдаса лъикIай гIаданги нижее кисаха, гIарцуде хIажатги йикIана гьей. Байбихьуда кинабго лъикI букIана. Гьоркьоб заман иналде нижер рокъобе цоги лъимер бачIана гьелъ бачун. Гьебги дир росасул яцалъул лъимер. Гьелъухъа щибго мухьги босилищха эбелалъ. Дие гьеб бокьичIо. ЛъагIел барав дир васасдаса гIезегIан кIудияв вуго гьев вас. Дир рокъоб лъималазул ах рагьизе дида ракIалда букIинчIо. Бокьун гьечIолъи загьир гьабидал, росасул яц дунгун барщана, вакьадасул ццим бахъана. Росин абуни вуцIцIун чIун вуго. Щиб дица гьабилеб?

 

ХIалимат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Бихьинал руччабазул милат гьабулел руго, Аллагьас ﷻ цоял цогидаздаса тIокI гьарун рукIиналъ: гьезие жидер боцIудаса напакъа кьеялъулъ, гьезда амру-нагью гьабиялъулъ ва кинабго гьезие маслахIат бугеб жо гьабиялдалъун», - илан. (Сурату «Ан-Нисаъ», аят 34)

Гьеб кинабго ишалъул гIайибияв рос вуго. Авалалдаго щивасда жинди-жиндир бакI бихьизабизе кколаан гьес. Эбел хIажалъиялда ятани, нянялъи гьабизе тIамичIого, гьесда тIадаб букIана гьелъие къваригIараб чIезабизе. Дур росасул яцалъул васасулги дур васасулги жиндирго васасул рокъоб гьелъ тIалаб гьабиги, ясли рагьи кколаро. ГIемер суалал рачIунел руго дур суалалда хурхун. ЛъагIел гурони бачIеб лъимер щай дуца толеб якьадалъул цIобалда?

ГIумрудул захIмалъабазе дагьаб сабру гьабизе ккола. Якьадалъул ва гьелъул ясалъул бакIалде мунги дур эбелги ккезе рес буго. Гьеб мехалъ щиб гьабизе букIараб?

ТIоцебесеб иргаялда, росгун кIалъараб лъикIаб буго дуе. Бихьинчияс кинниги жиндирго эбелалдаги, яцалдаги ва дудаги жинди-жиндир бакI бихьизабизе батила гьес.

 

Психологасул жаваб

Гьеб масъалалъулъ бищун санагIалъи гьечIеб хIал буго дур росасул. Цояб рахъалдаса, гьеб кинабго багъарарав чи гьев вуго ва кинабго жавабчилъиги гьесда тIад буго. Цогидаб рахъалдасан балагьани, битIараб хIукму гьабизе цоязул рахъ ккуни цогидазда квеш бихьизе рес буго.

Гьев вуцIцIун чIеялдасанги бичIчIула, лъугьун бугеб ахIвал-хIалалдаса гьев рази гьечIевлъи. Дуе бокьун гьечIолъи загьир гьабиялъго якьад ва гьелъул яс санагIалъи гьечIеб хIалалде ккезари буго. Васасул ва вацасул рокъоб къец ккезеги гьезие бокьун батуларо. Дуе бокьунгутIи лъарай росасул яцалъги гьанжеялдаса нахъе хIаракат бахъизе батила дур рокъоб жиндиго вас хьихьулареб хIал гьабизе.

Дуе лъикIаб букIина гьеб суал росасда цадахъ берцинго роцIцIинабуни. Гьеб сабаблъун росгун къацанди якьадалда ва гьелъул ясалда лъани, дудехун гьел мекъи ралагьизе руго. Росасул яцалъги гьабулеб иш битIараб гьечIо. Кин бугониги, гьеб бакIалда дагьаб сабру гьабуни, кинабго рахънибе ккелаан. Росасда берцинго бичIчIизабизе бегьула хъизамалда жаниб гьесул бугеб кIвар. Дурго ругел хIажалъабазулги бакка-бахъи гьабизе бегьула, амма цоял цогидаздаса тIаса рищиялъул хIалалде гьев ккезавуге. Гьелдаго цадахъ, кигIан захIмалъаниги, якьадасулгун ва вакьадасулгун лъикIаб гьоркьоблъиги гьабизе ккела. ДагIбадиялъ лъикIалде рачунаро.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...