Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

"Дир рокьи ккун буго цо къоролалъухъ"

 

Дир рокьи ккун буго цо къоролалъухъ. ТIоцебесеб ригьнадаса кIиго лъимерги буго гьелъул. Дие кинабго дандеккун буго, цо жо хутIизегIан. Гьелъие къваригIун буго гьелъул лъималазулги дица ургъел гьабизе. Гьел руго дида лъазецин лъаларев чиясул лъимал. Гьелъие къваригIун буго дица гьезие эменлъи гьабизе. Гьеб борч баччизе дун хIадурав гьечIо. Щиб дица гьабилеб?

 

Ш. Буйнакск шагьар

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьел руччабазул мисал буго нужеда тIад ретIулеб ратIлил, гьединго, нужги руго гьезие тIад ретIулеб ратIлида релълъун, ай нуж руго цоцазде ракIгъурал, цояз цоял рахчулел, цIунулел», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 187)

РатIлица инсан берцинги хинлъизеги гьавулебго гIадин, рос-лъадиги рукIине ккола цоцаца берцин гьарулеллъун ва цоцазе квербакъулеллъун. Ригьнал мурадги гьеб буго.

Рос-лъадуда гьоркьоб лъикIаб бербалагьи букIине ккола. Рохел, къварилъи цадахъ рекъон баччизе ккола. Гьединлъидал рекъараб букIинаро лъимал сабаблъун хъизан рехун тезе. БитIараб буго, гьелъул лъимал хьихьизе шаргIалъ дуда тIад гьабун гьечIо. Амма лъимал ккола дур йикIине йигей чIужуялъул берзул канлъаби. ЧIужуялъе, ай лъималазе тарбия кьезе кумек дуца гьабуни, Аллагьасул ﷻ разилъиги щвела, лъадул берзукь мунги жеги кIодолъила.

Гьелдаго цадахъ, инсулгун гьоркьоблъиги батун, лъималги гьевги данде гьаризеги ккела. Гьесда бичIчIизабизе бегьула лъималазул жавабияв гьев вукIин.

Гьеб кинабго бичIчIизелъун мунго лъе гьей гIаданалъул бакIалда. Дурго лъимал рукIаралани кин дуе бокьизе букIараб? Бищун цебе дуцаго абизе букIана гьелда дурго лъималазде гIадаб бербалагьи гьабеян.

Гьаб дунял буго гьобо. Гьабураб квешлъиги лъикIлъиги чара гьечIого нахъбуссуна. Инсанасде рачIунел балагьал ва захIмалъаби Аллагьасул ﷻ рахъалдасан хIалбихьи ккола. Кин нилъеца гьеб баччарабали бихьун букIуна гьелъухъ жазаъги. Аллагьасде ﷻ таваккалги гьабун, лъималазда гурхIун, дурго гIадин хьихьизе бажарани, зобал-ракьазда ругел дудаги гурхIила.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

 

Психологасул жаваб

Бищун цебе лъазе ккола хъизан гьаби кIудияб жавабчилъиялде лъураб гали букIин. Жакъаялде щвезегIан инсуда тIад букIараб борч ячун хадуб росасде уна. Аллагьасда ﷻ цебеги, гьей гIаданалъул эбел-инсуда цебеги гьес кьезе ккола лъадул ва лъималазул жаваб. Гьединлъидал бокьарав бихьинчиясухъа баччун бажарулеб жо гуро гьеб. Гьелде тIадеги, лъималгун рукъалдаса ятIалъарай чIужугIадан ячин жеги цIикIкIун бахIарчилъи къваригIунеб жо буго.

Рес буго дур бахIаралъ гьеб хабар лъималазул ургъел букIун бицун батизеги. Гьей хIинкъун ятула, лъималаз мунги, дуца лъималги къабул гьаричIони, иш захIматаб бакIалде ккезе гурин абун. Гьединаб рагъа-рачариялдасан бичIчIула щибаб суалалдехун гьелъул бугеб жавабчилъи. Гьебги лъикIаб гIамал буго.

Цоги рахъалдасан борцани, гьелъул ихтияр гьечIо лъималаздехун, инсул гIадинаб бербалагьи дудаса тIалаб гьабизе. Рес буго, кинабго бичIчIаниги, дур хIалбихьизелъун гьединаб шартI гьелъ лъолеб батизеги.  Рес буго, цеве вукIарав росас лъимал рехун тун ратизеги. Гьединлъидал, мун ургъе гьеб жавабчилъи тIаде босизе хIадур вугищали.

Гьей ячун хадуб гьелъул лъималазул ургъел гьабизе дуда ракIалда батичIони, гьел сабаблъун рокъоб дагIба-къецги кколелъул, гьанжего хIисаб гьабе. Амма гьезул жаваб кьезеги бажарараб кумек гьабизе ракIалдаги батани ва ниятги бацIцIадаб бугони, халат бахъине течIого хъизан гьабе.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...