Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо

 

 

Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал, дун тIаса йихьизайизелъун, тIаса-масаго гьабун батула. Гьеб хIалалда унеб буго гIумру. Щибдай дица гьабун лъикI?

 

ГI., Буйнакск

 

ГIалимчиясул жаваб

Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ абун буго: «Муъминзабазул бищун лъикIав вуго бищун лъикIаб гIамал-хасият бугев ва бищун лъикIаб гIамал-хасият бугезда гьоркьосаги бищун лъикIал руго лъадулгун лъикIаб хьвада-чIвади гьабулел», - ян. (Тирмизи)

Бокьараб ригьнада букIуна рос-лъадуда гьоркьоб бичIчIунгутIи ва дагIба-рагIи. АхIвал-хIал мухIкан гьабизе ва суал рагIалде бахъинабизе ккани, кIиябго рахъалъухъ гIенеккизе ккола. Рос-лъадуца цоцазде сабруги гьабизе ккола, цо-цо ишал тIаса лъугьун таниги бегьула. Амма Аллагьасде ﷻ гIасилъиялде рачунел ишазулъ ургъел гьабизе ккола. Гьезул щивасул руго жидеда тIадал ишал. Дунялалда лъикIлъиги ахираталда кириги щвезе бокьани, гьел тIуразе ккола.

Нагагьлъун рос-лъадуда масъала тIубазе кIолеб гьечIони ва гьезул дагIба-рагIиялъ лъикIаб гуреб хIасилги кьезехъин бугони, кIиябго рахъалдаса гIагарлъиялъул цо-цо чи ахIизе лъикIаб букIуна гьезухъ гIенеккизе ва масъала тIубаялъе кумек гьабизе.

Кин батаниги, росасулгун гьабулеб гьоркьоблъиялда жаниб хIаракат бахъе, бадибчIвай гьабичIого, пуланаб суал тIубаялда тIад хIалтIи гьабизе. Пикру гьабе, дур гьари гьес къабул гьабизелъун дуцаго щиб гьабун лъикI бугебали. ГIицIго гьес цо пуланаб къачIалеб гьечIолъиялъул яги гьеб иш нахъбахъулеб букIиналъул суал батани, мастер ахIизеги бегьила. Аслияб жо ккола гьелъул хIакъалъулъ гьесда лъазаби. ГIаммаб къагIидаялъ босани, чIужу ккола рокъоб берцинаб ахIвал-хIал чIезабулей гIадан. Гьединлъидал хIаракат бахъе, ццим бахъине биччачIого ва гьумер букIкIинабичIого, Аллагьасда ﷻ мугъчIвайги гьабун, рокъоб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъул мурадалда хIалтIи гьабизе.

 

Психологасул жаваб

Гьеб ахIвал-хIал чанго соналъ халат бахъунеб батани, гьединаб буго дур росасул хасият ва гьев хисизавизеги цIакъ захIмалъизе буго.

ГIемерисеб букIуна росас хъизам хьихьиялда бараб. Гьесие лъикIаб мухь щолеб батани, рокъосел хIалтIаби гьаризе махщелчиги ахIизе бегьила. Гьедин гьабулеб бугони дагIба-рагIиги дагьлъила.

Амма дагьаб гурони харж щолеб батичIони ва гьесие щибго гьабизе бокьулебги гьечIони, гьеб бугоха захIматаб суал. Гьединаб мехалда лъикIаб буго берцинго гьесда гьоркьо-гьоркьоб ракIалде щвезабизе тIадаб хIалтIи гьабизе кколеблъи.

Гьелдаго цадахъ хIаракат бахъе дурго хьвада-чIвади хисизабизе, ай гьесдехун жеги цIикIкIун адаб бугеблъи бихьизабе. БукIине рес буго дур гьесдехун бугеб бербалагьи сабаблъунги гьев тIирун чIун.

Лъица бугониги цо щиб бугониги жо жинда малъидал гьес тIубазабулеб батани, халгьабе кин гьел гьевгун кIалъалелали ва кинал гьоркьоблъи гьезул ругелали. Гьединал жалазги кумек гьабула гьев вичIчIизе.

Аслияб жо ккола парахатаб ахIвал-хIал цIуни.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

 

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...


Муфтияталда дандчIвана

ДРялъул муфтияталда, муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатова, дандчIвана СВОялда араб бакI лъачIого тIагIарал рагъулал хъулухъчагIазул улбулгун ва лъудбигун.  Гьединго, гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул БахIарчиясул эбел, МахIачхъала шагьаралъул №54 школалъул директор Сапижат...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...