Аслияб гьумералде

ЦIамул тIагIам бихьарасда гьацIул къиматги лъала

ЦIамул тIагIам бихьарасда гьацIул къиматги лъала

Нилъер кIигъуждузде тIаде бегулеб щибаб масъала – гьеб буго гIумруялъ нилъеда речIчIулеб гамачI. Амма речIчIанщинаб ганчIида тIасанги рахун церехун унел ругони, нилъер щивасда кIола гIор, лъар бахине.

 

Гьебго заманалда, нилъеда кIочене бегьуларо, гьаб дунялалдаги доба ахираталъул рокъобги нилъее пайдаялъе батулеб щуго жо: 

  1. Бачахъе рекIелъа рокьукълъи - ракIхун рукIанщиназдаса тIаса лъугьа.
  2. Бачахъе рекIелъа рахIатхвей - гьезул гIемерисел ратула гьадингоял, щибго пайда гьечIел.
  3. Гьабе гIадатияб гIумру, бугеб хIалтIизабе цIуна-къан ва гьелъул къимат гьабизе лъай.
  4. ЦIикIкIун кье, цIикIкIун бикье.
  5. Дуего дагь щвезе букIиналда ракIчIун вукIа.

Аварагасул хIадис буго кIкIарадул кваркьиялъул багьаяб жо гьаб дунял гурилан абураб. Гьайгьай, гIакълу бугез, пикру гьабулез абадиялъ жидеего батулеб гьабичIого толаро. Амма гIакъилзабийин жидедаго ккарал хвезегIан хутIула рекIелъ жахIдагун, рокьукълъигун, рахIатхвейгун кIкIарадул кваркьиялъул багьаяб гьечIеб дунялалда хадур хачадилел. Цо-цоялин абуни хIайваназул бакIалдецин ккола.

ЗахIмалъи бихьарасда жиндирго бакI батула,

ЦIамул гьир чIикIарасда гьацIул къиматги лъала.

ГIемер гIодизе ккарав ракI-ракIалъго велъула

Хвел нахъа букIин лъалес лъикIлъиялъ хур бекьула.

 

 

МухIамадхIабиб МахIатIов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...