Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Хехго ригьнаде кьолей йиго...

 

 

Эбел-инсуца хIаракат бахъулеб буго хех гьабун дун росасе кьезе. Гьезда ракIалде ккун буго, дун рукъалдеги ун, лъимал гьариялъул ригьалде яхун йигилан. Амма гьабсагIаталда дир аслияб мурад буго институталда цIали лъугIизаби ва хIалтIуде лъугьин. Дун хIинкъун йиго росасе индал дир гьеб мурадалъе квалквал ккелин абун.

 

Шамай, Южно Сухокумск

 

ГIалимчиясул жаваб

ТIоцебесеб иргаялда, бихьулеб буго росасе индал чIужугIадан цеетIеялъе квалквал ккелин абураб пикру дур рекIелъ букIин. Амма гьеб буго мекъаб пикру. Щайгурелъул тарихалдасан нилъеда лъала росасеги арал, лъималги ругел руччаби гIезегIан тIадегIанал хъулухъазде рахиналъул хIужаби гIемер рукIин.

Гьайгьай, битIараб буго, чIужугIаданги йикIине ккола цеетIурай, амма букIинисеб хъизамалъе квалквалги гьабун гуребха. Гьединлъидал бищун лъикIаб букIина гьеб суал эбел-инсуда дандбани. Щайгурелъул эбел-эмен кколелъул жидеего зарал гьабунгицин лъималазе гIоло рухI кьезе хIадурал чагIи. РукIа-рахъин захIматаб гьаб заманалда гьезие бокьун батила лъикIав чиясул цIуниялда гъоркь берцинаб гIумру дуца тIамизе. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Жиндир диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи нужехъе вачIиндал, ригьин гьабе. ГьабичIони, гьаб ракьалда питна байбихьила ва пасалъиги тIибитIила», - ян. (Тирмизи) 

Ригьин гьабиялъулъ гIемерал пайдаби руго: лъимал гьариялдалъун наслу цIуни, уммат цIикIкIинабиялдалъун Аварагасул ﷺ разилъи, хун хадуб лъималазул дугIаялъул баракаталдалъун жужахIалъул цIаялдаса цIуни, гIисинго хварал лъималаз шапагIат гьаби. Хъизан гьабиялдалъун шайтIаналдаса цIунула, шагьват къинабула, дин цебетIезабула. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Ригьин гьабурас иманалъул бащадаб цIунана», - ян.

 

Психологасул жаваб

Хъизан гьабиялъул суалалъе, киналниги рахъал хал гьабичIого, чIванкъотIараб жаваб кьезе захIмалъула.  Хъизанги гьабичIого, цIалиги лъугIизабун хIалтIизе яхъиналде сунца гьесизаюлей йигейин абураб суал кье дуего. ГIемерисеб мехалда гьединаб мурад букIуна хъизан гьабун хадуб талихIаб гIумру букIиналда божуларел ясазул ва васазул, ялъуни гьезда гIемер рихьун ратула хъизан гьабун хадуб талихIаллъун гьечIел. Цогидазул жаваб нилъеца кьоларо ва цогидазе ккараб нилъееги кколин ракIалде ккей мукъсанлъиги буго. Щивав чиясул гIамал-хасият батIи-батIияб букIуна, эбел-инсуца лъикIаблъун бихьизабураб бакIалде ани, ракI бухIизе жоги хутIуларо. Дунялалдехун бугеб бербалагьи эбел-инсул нилъедасаги цIодораб букIунелъулха. Гьединлъидал росасе ун хадуб жеги цIикIкIун бигьалъи ккезе буго дур цIалуеги хIалтIуеги.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...