Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рищни-къул гIемерлъун буго

 

Дир росас, рищни-къулги хъирщун, батIи-батIиял жал рачIуна рокъоре росун. ГIемерал соназ рукIуна гьел бакIги ккун, хIурулъ къан. Гьел нахъе рехизе лъугьиндал, дагIба гьабула. Гьевгун дагIбадун сваканги йиго. Щиб дица гьабилеб?

 

Заира, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Ахираб заманалда гIадамазулъ исрапчилъи цIикIкIун буго. Рукъ-бакIалъе хIажатаб жоги гIодобе рехун батула. Кванил нигIматазул бицинего бицинарин. Исрап гьабийин абуни ккола кIудияб мунагь. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ исрапчагIи шайтIабазул вацаллъун рикIкIун руго хирияб Къуръаналда.

Чанги чи вукIуна, масала, рокъобе цIияб къайи босидал, гъоркь букIаралъе щибго лъугьун гьечIониги, хIажатазе кьечIого къватIибе рехулел. Гьебги мекъаб жо буго. ЧIобого кьезе бугин абун социалиял гьиназда лъуни, чанги чи ватула гьелде хIажатав. Мискин-пакъир вохизавуни, гьелъухъ кириги щола. Гьеб ккола нилъер Аварагасул ﷺ суннатги. ЦIияб ретIел босидал гьоркь букIараб хIажатазе кьолаан хирияс ﷺ.

Кьищни-къул балеб бакIалдаса росас рокъоб бачIунеб къайи сундуе хIалтIизабулеб бугебали халгьабизе ккела. Цебе батанщинаб данде гьабиги лъикIаб гIамал гуро. Гьелъул гIаксалда, къваригIел гьечIеб жо къваригIел бугезе кьураб беццараб буго. ГIорхъолъа ун цIуна-къай гьабиги беццараб гьечIо. Гьедин гьабулелъул гьеб бахиллъиялде сверизеги рес буго.

Кин бугониги, дагIба кколеб батани, росас рачIарал жалазда квер хъваге. Кир гьел хIалтIизаризе бегьулебали цадахъ ургъе. Гьесул изнуялдалъун хIажатазе кьезеги бегьила. Аллагьасде ﷻ таваккалги тIамун, росасул гIамал къабул гьабизе хIаракат бахъе. Гьесда дандбай рокъобе бачIараб сундуе хIалтIизабун лъикIин абураб масъала. Гьесул гьеб гIамал унтиялде сверулеб бугони, гьесул инсуде, вацасде, яги гьев гIенеккулев чиясде гIарз бахъизе бегьила, гьесулгун хабар гьабейиланги абун. Нужерго хъизамалда баракат лъегиян ва гьуинлъи цIикIкIагиян дугIа гьабизеги кIочонге.

 

Психологасул жаваб

Гьединаб гIамал букIиналъе гIилла росасул психологиялда бараб батизе рес буго. Кьищни-къулалдаса гIиси-бикъинаб жо бакIариялдалъун гьесул ракI хIалхьулеб батула. Гьесул пикруялда, данде гьабураб жо кида-къадниги хIажалъиялде хьул букIуна. РукIуна гIадамал басрияб жоги бакIарун, цинги гьеб бичулелги. Гьебцин бичIчIизе бегьула. Гьелдалъун гьез гIарац гьабула. Амма рокъобе дандеги гьабун, цинги гIемерал соназ бакIги ккун рокъоб бугеб мехалъ, гьелъ квалквал гьабула. Нахъе рехизеги рес букIунаро дагIба ккеялда хIинкъун. Кин бугониги, сабуралда бичIчIизабизе ккела гьесда рокъоре рачIунел жалазде хIажалъи гьечIолъи. Гьединал чагIазул пикру букIуна, цо кинаб бугониги балагьги бачIун, рокъобе босараб тIагIел хIажалъизе бегьулин абураб. Амма гьединаб къоги бачIунго бахъунаро. 

ЛъикIаб букIина, махсара хIисабалдагIаги гьесда бичIчIизабизе гьеб пишаялъул пайда гьечIолъи. Гьединги бичIчIулеб гьечIони, дагIба гьабичIого, живго хисизегIан тезе ккела. Гьоркьо-гьоркьоб ракIалде щвезабизеги бегьила гьес рачIарал жалазде хIажалъи кколеб гьечIолъиги.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...