Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Анищал тIуралел гьечIо

 

Дир гIумруялда жаниб рохелго гьечIо. Дица гIумру гьабулеб буго талихIаб метерисеб къоялда мугъги чIван. Дица дагьабго гIарац данде гьабила, ахирги гочина, кватIичIого диего босила бокьун букIараб жо, ине йиго ракIалда букIараб бакIалде. Заман боржун унеб буго ва дир анищалги тIуралел гьечIо. Дида сверухъ бугебщинаб бецIлъун бихьулеб буго. ГьабсагIат киндай дун талихIайлъун лъугьиней?

 

Х., Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

Иман лъуразеги, лъечIезеги, мунагьал гьарулезеги, ритIухъал гIадамазеги гьаб ракьалда тIамулеб тIолабго гIумру ккола хIалбихьилъун. Щивав инсан гьаб ракьалда вугебгIанасеб заманалъ жиндир хIалбихьулевлъун вукIуна, амма ТIадегIанав Аллагьас дунялалда жиндирго лагъзал рехун толаро: гьел жидерго ихтияралда тун гьечIо.

Абу ГIубайда ибн ХIузай-фатидасан бицана гьесул ункъгIалалъ абунин: «Цо къоялъ Аллагьасул Авараг ﷺ цIакъго цIакан бахун унтун вуго. ГъотIода мугъги чIван, гьес лъим гьарана. Цинги гъотIода гъоркьги вегун, беразде тIаде лъим тIезе байбихьана ва абуна: «Бищунго захIматал хIалбихьиял рачIуна аварагзабазде, хадуб гьезде гIагаразде, цинги даражаялъул рахъалъ хадусел чагIазде», - ян. (Насаи)

Гьелъул магIна ккола захIмалъаби ва къварилъаби рукIин инсанасул талихIкъосиналъул гIаламат гурин абураб. Щайгурелъул, гьел бищунго къо хIехьолеллъун рукIана ва ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цере бищунго талихIал лагъзалги ккола Гьесул ﷻ аварагзаби, вализаби.

ГIайшатидасан бицана Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин: «Кинаб хIалбихьи муъминчиясде тIаде бачIаниги, ТIадегIанав Аллагьас гьесул даража гьелъие гIоло борхизабула ва гьесул мунагьалги чурула», - ян. (Муслим)

Гьединлъидал нилъеде бачIараб бокьараб талихIкъосин мунагьал чуриялъе сабаблъун лъугьине бегьула. Ва гьелде тIадеги, инсанас сабру бихьизабуни, гьесие щола кIудияб кири. Аварагас ﷺ абуна: «Муъминчиясул ахIвал-хIал гIажаибаб букIуна: гьесие ккарабщинаб лъикIаблъун лъугьуна. Ва гьеб хасиятги кьола гIицIго муъминчиясе. Рохел бачIараб мехалъ, гьес ТIадегIанав Аллагьасе рецц гьабула - гьебги гьесие лъикIаблъун ккола. ЗахIмалъи ккараб мехалъ, сабру гьабула - гьебги гьесие лъикIаблъун ккола», - ян. (Муслим)

ТIадегIанав Аллагьас, МухIаммад аварагасдалъун ﷺ, нилъее нух бихьизабун буго гIумруялъулъ. Гьел киналго илагьиял тIадкъаял тIураялда жаниб батула щивав муъминчиясул анищлъун кколеб кIудияб талихI. Гьединлъидал нижеца гIакълу кьола иманалъул цIех-рех гьабеян ва гьелъул насихIатазда рекъон хьвадеян. Божа, мун талихIайлъун йикIина, къварилъабаз сверун ккун ятаниги.

 

Психологасул жаваб

Цо-цо мехалъ инсан ватула рохел рагIалде бахъунеб гIадаб хIалалда: дица гIарац данде гьабила, гочина, цо жо босила, сапаралъ ина - гьеб мехалда ахир-къадги иш бигьалъилин абун. Амма заман хехго уна, жаниб жеги чIобоголъи хутIула. Гьелъул магIна кколаро гIумру квеш бугин яги анищал мекъи ругин абураб. Гьелъул магIна буго, рухI свакан бугин балагьун чIунин абураб.

ГIемераб заманалъ ургъалабазда гIумру гьабулеб мехалда инсанасул рохел лъугIула. Гьелъул магIна кколаро гьев талихIав гьечIин абураб. Гьелъул магIна ккола гьесул къуват лъугIун, черх загIиплъун бугин абураб. Гьединлъидал, сверухъ къварилъиялъул асар букIин загIиплъиялъул гIаламат гуро, гьеб ккола цIакъго гIемер заманалъ гIазаб кьолеб букIараб черхалъул гIадатияб къагIида.

КIудиял хиса-басиял гьарун хадуб гуро талихI бачIунеб. Гьеб бачIуна инсанасе жанисеб парахалъи цIидасан рагьараб мехалъ: макьу, сихIкъотIи, жанисеб хIалхьи. Свакан ругин абун жидедаго бадибчIвай гьаби лъугIараб мехалда ва ракIбацIцIадго мукIурлъидал: «Дие захIмалъун буго», - ян абун. Гьеб тайпаялъул къабул гьабиялъ инсан векуларо, тIадеги кумек гьабула.

Пашманлъиги ракIбухIиги гIумру квеш букIиналъул гIаламат гуро. Гьез бихьизабула инсанасе гIемераб заманалъ захIматаб заман букIараблъи. Амма жидерго рекIел асаразухъ гьев гIенеккидал - бигьалъула ва кумек гьабизе байбихьула.

Дагь-дагьккун жаниб загьирлъула гьитIинабго, парахатаб квербакъи. Гьеб квербакъиялдасан байбихьула гIумру. Гочун яги щиб бугониги босун хадуб гуреб, инсан жидерго свакгун живго хутIичIеб мехалда.

ТалихI - гьеб гуро къварилъаби гьечIеб гIумру. Гьеб ккола гIадатиял лахIзатазда цоги нухалъ хинлъиги парахалъиги лъазе бугеб бажари. Гьеб тIадбуссун бачIараб мехалъ, анищал гIагарлъула, нух гьедигIан кьерхараблъун бихьуларо.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...