Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ГIайиб чIвалеб буго

 

 

Якьадалъ гIайибал чIван гурого толаро дун. Дие мисаллъун гьелъ кIудияй нус ячуна. Кваназе жо гьабизе лъаларин, рукъ-мина рацIцIалъиялда чIезабуларин абула ва амма кIудияй нусалъ кинабго гьабулин бицуна. БитIараб бицани, гьеб хабар чIалгIун буго. КIудияй нус дидаса 15 соналъ кIудияй йиго. Гьеб ригьалде яхиндал дихъаги бажарила кинабго гьабун. ГIайибчIваялдаса кин дунго цIунилей?

 

Марзигат, Гъизилюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Исламияб диналъ руччаби ахIула росасдехун берцинаб бербалагьи гьабиялде. Росасул эбел-инсул адаб гьабиги росасул адаб гьаби ккола, бищун рокьулездасан гьел рукIиналъ. Гьаб ракьалда эбел-инсуе жидерго лъималазе бищун лъикIаб бокьула. ГIемер букIуна, лъикI рукIине бокьиялъул нияталда, росасул эбел васасул хъизамалъул ишалде гьоркьое лъугьиналъул хIужаби. Якьадалъ гIемер тIалаб гьабиялъ васасул хъизан биххиялдецин иш ккезабула. Кин бугониги, росасул эбел-инсул адаб гьабизе кканиги, гьелъ магIна кьоларо гьезие бокьанщинаб гьабун хIелизе кколин абураб, хасго цогидай нусалъулгун къецги бан. Щибаб жоялъул букIуна гIурхъи. Якьадалъулгун къец гьабичIого, гьеб суал росасда дандбараб лъикIаб букIина. Дандбалелъубги, кигIан мекъал жал якьадалъ гьарулел ругониги, росасе гьей какизе бегьуларо. Гьелъ гьарулел жал росасдаги бицун, гьесдаса тIалаб гьабе кин гьеб масъала тIубазабун лъикIин абун. Бицараб бичIчIулев рос вугони, гьев эбелгун кIалъала ва цогидал мисалалъе рачин мекъи букIин загьир гьабила. Къойидаса къойиде, соналдаса жакъаялде росасдехун лъикI йикIинеги жигар бахъе. Гьеб мехалъ кинабго нухда ккола.

 

Психологасул жаваб

Гьеб суалалъе чанго батIияб жаваб кьезе бегьула. Бищун бигьаяблъунги ккола гьеб хабар чIалгIанин абун якьадалда аби. Рес буго гьелдаса хадуб якьадалъ тIокIаб жо абунгутIизе, амма гьелда хадуб гьелго гIарзалгун васасда бакка-бахъи гьелъ гьабизе буго. Цинги дур рос вукIине ккола щибаб нухалъ эбелалда ва чIужуялда гьоркьоб бугеб дандеккунгутIиялъ бетIерги унтун, гьеб иш тIубазабулев. Гьелъул хIасил кинаб ккелебалиги лъаларо. Кинабго бараб буго росасул тIабигIат-гIамалалда.

Гьединлъидал, хIаракат бахъе ццин бахъине биччачIого, берцинаб хIалалда якьадалда гьеб хIал бичIчIизабизе. Бищун бигьаяб букIина гьелъ абуралда разилъи загьир гьабуни, ва махсароде гьебги бачун, тIаса ккзабуни. Дур рахъалдасан квешаб жаваб гьечIолъи бихьидал, якьадалда жиндагоги чIалгIина дуде гIайибал чIвай.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...